![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ГЛАВА XIV
Росу сверухъ ругел росалъабазда
Руго жеги цIунун бакIазда цIарал Гьезул хал гьабидал тIатула букIараб Умумузул иман кинаб букIараб. КIихIинух бикьулеб бакIалъ батараб ГанчIазул гIемерлъи, ркьбузул кутак Киналго бутIрузул, гIи - боцIиялъул ЦIадулъ бежун жибго рахъу лъугьараб. ЦIаялъул Аллагьдай гьазул вукIарав? Сундуе, лъиедай къурбан гьабун гьез БутIрул ратIа гьарун цIадаре рехун Гьабулеб букIараб лъалареб тадбир? Гьале доб заманалъ Гьобла гъагъаян Нилъер умумуца жинда цIар чIвараб Ахират рукъалъе санагIат бугеб Хабалал рукIараб цо росдал авал Гьел хабалал рекьун хурзал гьарула, Хурзал рекьун гьениб яшав гьабула Хабалал хурзаде сверизе ккани Заман кигIан гьоркьоб ине бегьулеб. Гьай гIумру, гьай заман - соназул чIумма Сверана гIасраби - кIочана араб Араб кIоченчIесда цIиябги лъала Лъазабе басрияб цIуне цIиябги. Машинаби росун, пихъил гъутIби чIун Гъол кьурабалъ рарал рукъзал рехун тун Рокьана рекьулел ролъулал хурзал Гьанжесеб гIелалъе минаби разе. БагIараб тракторалъ рукьбузул гъунал Гъенезе гьаруна тIаса гIодоре ГIелин кьижараблъи гьаб гьаб ракьалдаян Рахъина гьаруна ирга нижедан. Хабалазда жанир ротарал рукьбаз Бицула гьел чагIи кутак бергьарал Бодул низамалъе тIаса рищарал Рорхатал, чIваркьарал рукIун ругеблъи БукIун буго гьезул жодорго динги Гьеб букIин ратарал тIогьилмаргъабаз ЩагIил цIарачIелаз, маххул цIаелаз Яргъил алатазги мухIкан гьабула. Хабал рукъиялъул, гьел къачIаялъул Хал гьабун хадуса лъана нилъеда Гьез гьабулеб динги тIубалеб парзги Исламияб жеги букIун гьечIеблъи ГанчIил къанабазда квартIаялъбикIун Гьарурал накъищаз, хъанчIил суратаз ХъанчIий бетIер къулун, гIибадат гьабун ГIумру тIамулеб халкъ букIун бугеблъи |
|||||||