![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ДИР ВАТIАНГьале цIидасан дун юссуней духъе,
Дир гIагараб росу, дир бокьулеб ракь. Дуниял бихьана, шагьарал лъана, ЛъачIо дида цойги мун гIадинаб бакI. Кьурул сиязда тIад тIавап гьабулел, ТIабгIалъул ханзаби хириял цумал. ЦIидасан дир ракIелъ рештIуна чIухIи, ЧIоголъи бачIуна тIолго черхалде. Дун урхъун йикIана гьаб дур тIогьазухъ, ТIогьолъ босун бугеб гьаб тIалъиялъухъ. КIалахъан чвахулеб «кита» лъаралъухъ, Гьелъул рагIаллъуда кIудиял гьарчахъ. Дун урхъун йикана накIкIил рохьазухъ, Рогьалилъ хIанчIаца рачунел бакънахъ. Их тIаде бачIиндал маххил гъутIбица, КIилкIалги кIирикIун рицунел маргьухъ. Дун урхъун йикIана гьал дур къаватIазухъ, КъотIнор данде чIвалел росуцоязухъ. Гъежда гIеретIги лъун лъадаре унел, ГIанаби багIарал гьал ясалазухъ. Дун урхъун йикIана годекIабазда, ГIумрудул дарс кьолел гьал харбазухъ. Хириял, гIагарал нужор малъиял, Малъ къосараб мехалъ щола ракIалде. Дун урхъун йикIана гьал дур ахазухъ, ТIагIам тIадегIанаб гьазул пихъазухъ. ГьечIо гьудулзаби кибго ракьалда, Рижараб ва гIураб ватIан гIадаб бакI. |
|||||||