![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
КАВКАЗГьещтIолел гулбигун белеб гIарада,
ГIазабалда руго дир мугIрул жакъа. Кавказ, дур халкълъе къваригIараб щиб, Щай гьез кьал ахIулеб жидедаго гъорлъ. Риххулел росаби, чIвалел гIадамал, ЧIахIиял, гIисинал – батIалъи гьечIо. Чачанал, гъалгъеял ва осетинал Бусурбаби, бице гьаб балагь щиб жо? Исралъе щиб телеб нилъеца нахъе, ЦIадулал рагьалищ, я тушманлъийщ? Исралъе щиб телеб, бачIинеселъе, Биялъ хъвалел ругел гьал тарихалищ? |
|||||||