![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Пандрида хъвай-хъвагIаял
ХъинтIа-митIир, хъинтIа-митI –
Хъвалеб рагIула пандур, Рохалийги гьаб хъвала, Къварилъабалъ гьаб хъвала. Гьалда кIиго чIчIва буго – Рохалилгун ургъалил, - Лъимер гьабидал хъвала, Хабалъ унелъ нахъ тола. Бертабалъ копой хъвала, Кьалулъ хонжрохъ хисула, - Хонжрода аскIоб гьанже МагIида далун буго. МахIмудица гьаб хъвана, ХъамалчагIаз лъукъана. Лъукъанин, чIванин абун Гьалъул гьаракь къотIичIо. Кереналда цIа гьечIес МагIида далун гьеб те. Кьалул кучIдул ахIулес БукIаралъуб гIодоб те. |
|||||||