![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
МагIарулазул булбул
ХIасратай кочIохъан, мархIаба, Муи,
ХIакъаб рагIи кинаб дур хIурматалъе? ЧIахъадерил кьурулъ бижараб жавгьар, Беричаб дур гьаракь буго рагIулеб. Борхатаб, роцIцIараб зобгIан бацIцIадаб, ЦIорорал хинлъулеб, хинал рухIулеб, РакIал хIайранлъулеб, лугбал соролеб, Силияб дур гьаракь буго рагIулеб. Зобазде бахараб борхалъудаги, Залалда ахIулеб завухалдаги, Хабар-кIал гьарзаяб темаялдаги Гьайбатаб дур гьаракь буго рагIулеб. Борхатаб Гъуниса боржараб булбул Биччанте берцинал бакънал тIамизе. МугIрул тIалъиялда, гIодоблъиялда Даим багъизе бергьараб гьаракь. Сардал-къоял анин, къадруяй Муи, Къинаро дур гьаракь Дагъистаналда. Думалъго халкъалъул рекIелъ рессарал РагIила гIасрабаз гIагарал кучIдул. |
|||||||