 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадЭбелалъул лъимал
ГIумру дир букIана некIо заманалъ
РукIана дир лъимал дидаго аскIор.
Къварилъи кканиги щиб бихьаниги
Чучун унаан ракI лъимал рихьани.
Кодор васалги ккун кечI нужой ахIун
Дун свакалароан сордо къоялъги.
КЪварилъи кканиги ракI унтаниги
КIочолаан щибго нуж рихьарабго.
Каранда реэдун, накабазда лъун
Бицунаан дица нужее маргьу.
Ункъавго вакIарун аскIоре рачун
Бабал накабазда реэдулаан.
Нужор хиралъиялъ керен унтулеб
Унти буго бабал нужохъ урхъараб.
Рокьула бабае рухIалдасаги
Каранде нужги къан къочун кIалъазе.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|