 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадВацал
Араб гIумруялъул букIана рохел
РукIана гIагарал дир гьалмагъзаби.
Чорхол иман бугел, къимат цIикIкIарал
Руго дир рекIеда гIагарал вацал.
Гьанже къоял индал сонал сверидал
Сун араб дир чирахъ бакулеб гьечIо.
ХIалтIи гIемерлъидал магIишат цIикIкIун
КIочана вацазда яцалъул мина.
Нужоца кIутIараб нуцIа рагьизе
Дун хIадурай йикIин кIочонищ тараб?
Вацазул гьурмада гьими бихьизе
РекIей бокьулеблъи щай бичIчIулареб.
Нуж гIодор чIолеб бакI чIобого буго
ЧIалгIен рещтIараб ракI урхъулеб бугин.
НуцIил ахалъуда нужохъ балагьун
Берал свакан магIу чвахулеб бугин.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|