![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
АхIула ракIалъХинлъи ун цIорой щун щущалеб керен
Щобазул тIогьисан тIерхьун унеб бакъ, Балагьула бераз каранзул гIишкъу, Квер бегьун босизе дида кIолареб Хъван битIула кагъат вокьун вугилан, Кьоларо дий жаваб ахIи баниги. АхIула кочIолъе канаб цIвайилан Кинго мун восизе дир ресги гьечIо. Кьалда бугеб керен, чIва-чIвадулеб ракI, РикIкIад вугев гьудул, аскIов щоларев. Бакун буго чирахъ гьаб рокьул дица Дуе канлъи кьезе, ракIалъул гьудул. |
|||||||