 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадЧванта бахчарал
Дун жакъа унтана унтиги речIчIун,
Чорхол сахлъи ана гIумрудал нухаз.
Къварилъи гIакъуба гIемер бихьиялъ
Унти чорхолъ ккана каранда жаниб
ГIумруялъул бакIлъи кIвечIо хIехьезе
ХIал черхалъеги щун канлъи босидал.
Каранде къиматгун гурхIел гьабуни
Къимат дур билула бечедазда гъорлъ.
Бечелъигун къадру зар кьабун босун
Зараз къимат рехун вортула гIодов.
ГIадатияб гIумру бугилан абун
ХIетIе тIасан босун тола ракьалда.
Къиматги къадруги борхун хьвадула
Чванта гIарцул цIурал бечедал чагIи,
Дур къварилъи рохел лъида бичIчIилеб
Дур чвантил ахалъи бихъун бугелъул.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|