 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадАхIула ракIалъ
Хинлъи ун цIорой щун гIунулеб керен
Щобазул тIогьисан битIун щвараб хIинчI.
Бераца бицулеб каранзул гIишкъу
Квер бегьун босизе кIолареб талихI.
Хъван битIула кагъат вокьун вугилан
Кьоларо дий жаваб ахIи баниги.
КочIохъе ахIула канаб цIвайилан
ЦIорон холеб ракIгун хасалил сардилъ.
Кьалда бугеб керен кинан чучилеб,
РикIкIад вугев гьудул гьабе цо гьаракь.
Бакун бугин чирахъ дур рокьул рекIелъ
ЧанцIул юхIаниги ахIула ракIалъ.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|