 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадДир магIил гарал
Хивалазул гIораз дун хъамуниги,
Хъвала каранда тIад мун вокьулилан.
Кьалбал ракъванагIан тIегьалел гъутIби,
ТIогьиллъула тIамхал тIубачIеб рокьул.
Бихьуларо канлъи гIоларо хинлъи.
Хал гьабун цIехола цIоралъул гьури.
ЦIала дун рекIеца дуда аскIое
ГIумрудул дир къисмат цо мун вугилан.
Гьалулеб рекIеде гьогьен рехизе
КIал-мацI цIоронагIан дур цIар шурула.
Балъго духъ гIодулей дир магIил гарал
ГIорлъун чвахун уна чара хварай дир.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|