 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадГьаюраб къо
Жакъа гьаюраб къо баркулеб буго,
Кинабго гIагарлъи аскIобги бачIун.
РекIелъ рохел гьечIеб дун гьаюраб къо
Лъица барканиги рагIулеб гьечIо.
Духъ чIалгIун йигилан рагьун абизе
Рес дир рекъечIого пашман йиго дун.
Къварид йигин абун кIутIбуз шуризе
Мун аскIов гьечIилан чIунтула дир ракI.
Къвал бан чучараб къо карандеги къан
Къойил сапаралде йиго хьвадулей.
Хьулаз аскIой цIала дур хиралъиялъ
РикIкIад вугониги аскIов щвелилан.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|