![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Йигин гъанкъулейМунилан ахIулеб дир рекIел гьаракь,
КигIан урхъаниги рагIичIин дуда, Рукьбазде цIаги лъун дун юхIанагIан Ваханин мун тIогьив квер гIунтIулареб. Дир беразул магIил гIоралъ вачаяв, Ячун каранде къан мун щай къочарав. Къилбаялъул цIаян цIар дур ахIидал ЦIорозе щай тарай къотIнойги рехун. Дур чалухал берзул лъим гьекъечIони, Цойги лъадал къатIра дий хIажат гьечIо. Къваридаб каранзул кутакаб рокьи Бикьилищ бащадаб дуй хиралъизе. КьечIеб талихIалъул тохаб гIамалалъ Ячун уней йигин гIурул рагIалде. ГIор бахун борчIизе кIвечIеб дир керен Лъеца бехе бачун гъанкъана жаниб. |
|||||||