 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадКватIараб рокьи
Дун кватIулей йиго кватIулей йиго
Дир кватIараб рокьул анищ тIубазе,
АхIулеб буго ракI дур гьеб гьаркьица
Каранде цIаги лъун мун лъаралдасан.
Доб кватIараб рокьи рукьбалъ бугеб цIа
ЦIадал ран чвахараб мугIрул тIогьисан.
Огь, кватIун бараб цIад, дир хурзабахъе
Хер бакъвараб мехалъ дунял цIоройдал.
Гьаб гучаб балагьи дур гIишкъуялъул
КватIун данде карав дов гIолиласул.
Мун дихъе вачIана босун рохелгун
Хехаб сапаралда сверун унаго.
Ана мун хеккого добго сапаралъ
Хьулазул таргьаги дир каранда тун.
КIутIби рагьун диде щибго шуричIо
Щвелин жегигиян абуна гьимун
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|