 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадЦIилъулеб гIумру
Дун щайзе ургъулей ургъалилъ йосун,
АскIов вугев дуде ахIи балаго,
Абулеб кин ракIалъ мун дир къисматан
Цогидалъул къвалакь гIумру аниги.
Доб рикIкIада заман, ракIаз ахIичIеб
Цоцазда лъаниги рикIкIад рукIараб.
Гьанже къоял индал санал сверидал
ТIад буссараб кинаб нилъер гьаб рокьи.
КIочон тараб гIишкъу билараб рокьи
Щайзе тIад буссулеб сверунги бачIун.
Къваридаб ракIалъе рохел кин щвараб
Щобазул тIогьисан бакъ тIерхьулаго.
Дир гIумрудал нухал сверун унаго
Дуца щай абулеб дун йокьулилан.
Дунги каранде къан мун щай къочарав
ЦIидасан гьаб гIумру цIилъулеб гIадин.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|