 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадКъочила сардилъ
Рогьалил бакъуца дуй салам кьуни,
Гьеб дир чапар бугин духъе битIараб.
Къаси шагьрил моцIрол канлъи бихьани
Дир каранзул бухIи бугин духъ щвараб.
Къиматгун дур бадив чи валагьани
Гьими дир бугин гьеб дуе гьимулеб.
Сапар бухьаралъуб дуй нух битIаги
Нухда цадахъ бугеб дир рокьи бугин.
Кьерилазда гьоркьоб дуй рохел щвани,
Рохалил гьел сагIтал дица ритIулин.
Къаси сардил макьилъ дуде къвал бани
Мунгун аскIой йигей дун йигеблъи лъай.
Къаси бецIаб сардилъ канлъи бихьани
Канаб цIвайин те дун дуе бакараб.
Каранда кверги лъун мун веганани,
Буснал рагIаллъуда дун йигеблъи лъай.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|