 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадРагIи дие кьурав
Берал берциназул кьерилъ вищарав,
КьечIебин дий талихI дур рокьуцаги.
ГIишкъуялъул гIораз хъамун аниги
ЩвечIевин мун дие тIадмагIарулав.
Щулияб рокьуца кьал ахIаниги
Кьурун вуссун чIанин ракIалъ вищарав.
Щобазул тIогьибе квер бегьанагIан
Кодов щвечIин дида тIадмагIарулав.
ТIубалареб рокьи рукьбалъ бугеб цIа
ЦIоралъул гегуян ахIулеб дир ракI,
РухI бичун ракIги кьун мун цIеханагIан
Зодихъ воржун арав тIадмагIарулав.
РагIи диеги кьун йокьулин абун
Кьурулъ боржун анин доб мугIрузул цIум.
ЦIа рекIун хваниги мун кIоченаро
РагIи дие кьурав тIадмагIарулав.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|