 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадДоб сардил къисаялъул сунареб чирахъ
Дун духъ урхъун йигин дуде шурани
Данде жаваб кьезе кIвелебдай дуда.
Вихьизе хьул бугин хъван битIанани
Хъвазе хIал гIелебдай дун йокьулилан.
Доб сардил балъголъи дуе рагьизе,
Сапар бухьун духъе кинан ячIиней.
Каранда ругъун лъун дун гIодой ккедал
РакI унтулеб бугин лъиде шурилеб.
Доб дагьаб замана цо-кIиго сагIат
РикIкIулеб щай ракIалъ гIумру бугилан.
ГIедегIун аскIосан рикIкIад аниги,
РакIалъ щай ахIулеб мун вокьулилан.
КьечIеб дир талихIги гьечIеб рохелги
КIвелебдай бикьизе дир рекIей дуда.
КьогIаб макьуялъул кьалбал ракъвазе
Абе аскIов вачIун мун дир йигилан.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|