Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру»

Тагиров Гъамбулат


Другие фотографии: 1 2 3 4
ГЬЕВ ГЬАВУРАБ МЕХ


Гьев гьавуна Цумада районалъул Митрада росулъ 1362 соналъул сафар моцIалъул итни къоялъ бакъанил ГIужалъ, гьижрияб тарихалда рекъон. 1943 сонлъул февраль моцIалъ миладияб тарихалда рекъон. Гьесул эбел кола КъурамухIамадил яс Сакинат, эмен Мусал МухIамадил вас ТIагьир Митрадасел. ТIагьирги Сакинатги рукIана диниял эбел инсул лъимал, гьелъ жалгоги дин хириял гьелда тIад чIей бугел рукIана. Жалго рукIин гуребги, диналъул ЧагIи рокьулелги рукIана гьел. Гьезул анищ букIана жудер лъимал диниял лъугьиялда, гьелъ букIана Гъанбулат абун цIар лъеялъецин гIила. Гъанбулат абун вукIана ТIагьирил МухIамадил вас, цIаларав гIилму гIамал бугев гIалимчи, гьесул баракат щвеялда хьул лъун букIана гьеб цIар лъейги.


КЪУРЪАНАЛДА БАЙБИХЬИ


Гъанбулатил КIудияв эмен МухIамад ВукIана къуръаналъе лебалав, гьелда тIад чIей гьабулевлъун. Гьес байбихьана тIоцебе гьесда къуръан малъизе анлъго соналда гIагарлъарав мехалъ. Щуго жуз байбихьудаса "Инна фатахIна лака"ялда щвезегIан рекIехъ лъазабулаго. Лъугьана къуръан анкьго сон камиллъилелдего цебе.


ЗАГЬИРИЯБ ГIИЛМУЯЛЪУЛ УСТАРЗАБИ ВА ГЬЕБ ЦIАЛИЗЕ БАЙБИХЬИ


Гьелдаса хадуб жудерго анищ тIубаялда хьул лъун гьев кьуна гIараб гIилму цIализе 1950 соналъ гьебго Митрадаса гIалимчи ва тIарикъатин мунагьал чураяв ГIабдулгIазизил вас ХIусенихъ.

Гьес дарс лъуна МУХТАСАРалдаса байбихьун МИНГЬАЖалда щвезегIан. Гьесги, гьесул цIаларав инсул цIар лъурав ГIабдулгIазизицаги кIвахI тун кIвар кьуна гьесда гьеб бичIизабиялда. Гьединго гьев хьвадана гьезул регIел кечIел гIужаз гьебго Митрада росдал гIалимзаби ва ТIарикъат ЧагIи Сасикьа ХIусен-афандиясул муридзаби Гъази-МухIамадил вас АхIмадихъе, Абусупянихъе гьесул вас Расулихъе гьединго жиндирго вацгIал Гъанбулатил вас МухIамад-ТIагьирихъе. Заманаялъул хисабасиялда балагьун диналда данде ругел тушбабаца рахIат хвезабизе байбихьидал эбелинсуца хIукму гьабуна, байбихьараб иш рагIалда бахъизе гьев гIатIиракьалда, халкъ гIемераб бакIалда вахчун цIали гьабизе витIизе. Гьеб букIана гьесул гIумруялъул анцIила щуго соналда швараб заман. Жиндиргоги цIакъ кутакаб букIана гIилму цIалиялда ва гьеб тIалаб гьабялда анищ. Гьелдаго цадахъ бижун бачIулеб букIана гьесул тIарикъаталдахун бугеб рокьиги. Рокъоб эбелинсуцаги, гьединго гIилмуялъул устарзабацаги хIалтIулеб букIидал тIарикъат, гьеб сапаралъ къватIи лъугьилелде цебе бокьана эбел-инсуеги, гьесуегоги тIарикъаталъул устарасухъги шун гьесдаса баракат тIалаб гьабизе. Гьесул эмен ана гьевги вачун жиндирго устар Сасикьа ХIусен-афандиясухъ. Бугеб хIакъикъат жинда бицараб мехалъ рахIимагьуллуяс тIад къана гьесда накъшубандияб тIарикъаталъул радал-бакъанида рабитIаги гьабизе азарго истигъфар азарго свалатги сордокъоялда жаниб битIизе. Гьелдса хадуб гьев гIилму тIалаб гьабиялъул нухалда вачIана Хасавюрталда. Гьенивги кана Гуниялдаса ГIабдулатIип абун гIалимчиясухъе. Гьениб гьесие хIажатал жалазул рахъалъ КIудияб квербакъи гьабуна ГIаркьохъа Насрулацаги гьесул вац МухIамадицаги. ГIабдулатIип дибирасда аскIоб цIалана гьес "ИгIанату тIтIалибинал" ва гьел гурелги цоги тIахьалги. Гьев рахIимагьуллагь накълулъун хадуб КъахIиб районалъул Мокъсоб росолъа ХIажи-Мурадихъе кана гьев, гьебго Насрулалазул мадрасаялда. Гьев ХIажи-Мурадги ВукIана рахIимагьуллагь КъахIиса ХIасанил муридги, тIарикъаталда цIакъ тIадчIей бугев ракI тIеренав гIалимчиги. Гьев мунагьал чураяс микьго соналъ КъахIиб имамлъиги гьабунилан бицана жиндаго. Мадрасаялда жанивго вегавахъун вукIулаан гьев. Цо сордоялъ кьижун хадуб цо КIудияб гьесул гьаракьалъ ворчIанилан бицана Гъанбулатица, "Дица гьикъана гьесда, я устар шиб караб дуе, унтулеб бакI шиб бугеб абун. Гьес абуна гIодулаго, хIалица бичIун-бичIуларедухъ, макру гIемераб жо буго дир вас гьаб дунял вере мун гукизе чIоге, лъачIого нилъехъа борчIулеб жо буго гьаб дунял абун." Гьес цIидасан такрар гьаруна гьесие рехехун ругел гIисинал нахIвусарфалъул тIахьал. Гьеб заманалдаса хадуб гIемер мехго инчIого унтун накълулъана гьевги, Аллагьас жиндир мунагьал чураяв, гьаб панаяб дунялалдаса ахираталда.

Гьелдаса хадуб дарс гьечIого ана моцIал. Аллагьасул талихIалъ Хасавюрталда вачIана ЧIохъа Халид, "Уммул баян" данде гьабурав ГIабдуллагьица цIализавурав, кIудияв гIалимчи. Гьесдаса дарсал росулел рукIана чIахIиял мутагIилзаби: Митрадаса Гъанбулат, Зилоса МухIамад-Расул, Иштибур кодоса ГIали-ГъалбацI, ГIаркьохъа Абавай ва цогидалги. Халид рахIимагьуллагь вукIана: гIаруз, мантIикъ, фикъгьи, хIадис, тафсир гIилмабазулъ цIакъ лебалав гIалимчи.

Гьеб мутагIиллъуда вугеб заманаялъ Гъанбулатил чIей букIана гьесул ТIарикъаталъул устар ГIашалиса Тажудин-афандиясул хъизамгун цадахъ Хасавюрталда Лесная къватIалъул 50 рокъо. Гьесул тарбияталда гъоркь лъугьун вакIана гьев 1964 соналъ ХIусен-афанди накълулъун хадуб, гьесул гIумруялъул къоло цоабилеб сон букIана гьеб заманаялъ. Гьелъ вукIана Тажудин-афандияс васлъун хъизамалда цадахъ гьев чIезавуравги. Гьедин бана лъабго лъагIелалда гIунтIараб заман, нахъеги Халид рахIимагьуллагь унтун нахъе ана.

Халид ВукIана рахIимагьуллагь цIакъ къвакIараб тIабигIаталъул ритIухъав гIалимчи. Дарсил заманаялъ тIехьалдаса бер нахъе бахъун гьес бегьизе гьабулароан, шив чи тIаде вачIаниги, дарс лъугьун гурони.

Гьес бицана жинда цIар лъун букIанила инсуца Давуд абун, аврагасул букIиналъ. Цогиги вукIана росулъ Давуд абурав чи, жив хIалихьатав нахъегIанав. Гьесда бахъараб цималъ лъеберго соналда жиндир гIумру бахун бугониги, инсуда гьарун, росоги данде ахIун, мавлидги гьабун бищун къвакIарав чиясул цIаралда Халид абун хисанила жинца. Гьес цIакъ тIад чIей гьабулел тIахьалги "РухIул баян", "ИхIяу гIулуму ддин" рукIана.

Халид ун хаду гьев цIали гьечIого вукIиналда бан Тажудин-афандияс рузманалда вачIарав Сасикьа ХIабибуллагьица дибирасда абуна "Гьав Гъанбулатие дарс цIализе колилан дуца" абун. ХIабибуллагь дибирас амру къабул гьабуна. ХIабибуллагь вукIана Тажудин-афандиясул загьираб гIилмуялъул устар. ТIарикъаталъул рахъалъ абуни Тажудинил-афандиясул божарав муридги вукIана гьев. Гьелдаса хадуб ХIабибуллагьихъе Хасавюрт районалъул цIияб Сасикь росулъ ана гьев. Хадуб гIемерисеб гIумру ана гьесул бажарараб хIалалъ гьесдасан пайда босулаго. Жиндир хIал кIун дарс гьечIого замана гIададаго толеб букIинчIо, хIата чIужу ячарал къоязцин. ХIабибуллагь дибир махсара хочIалъул рагьараб гIатIидаб ракIалъул чи вукIана "щиб васила бахIаралъулгун данде кунгуртIигIагийишила дур канилан" абун буго велъулаго рахIимагьуллагьуяс.

Сасикь росулъ гьес бана лъеберго гIанасеб сон. Гьезул гIадамалгун жуван жудер чиясдаса батIа вахъинчIого хIал кIвараб квер чIвалаго. Гьелъухъ гьезуе гьесул рахъалдаса кидаго дугIаги баркалаги буго.


ХЪИЗАН ГЬАБИ


Гьенибго гьесул хIалхьиялда балагьун къадар хъван батана гIилму гуребги чIужуги лъималги гьенисанго швезе. Гьесул гIумруялъул къоло шуго сон тIубараб мех кола гьес хъизан гьабураб гIуж. Гьес хъизан гьабуна Сасикьаго, Х1абибулагьил гIагарав чи Саййид-Салимил яс Асиятилгун, гьесул эбел-эмен чIаго рукIадго, гьелги разилъун. Гьеб росулъго гьев вукIун кьуна Аллагьас гьесие ризкъилъун ункъго васги ункъго ясги. Васал: ТIагьир кола инсул цIар лъурав, Абубакар, МухIамад-Расул, АхIмад-Расулги. ТIагьирги Абубакарги цIалана Дамаскалда. МухIамад-Расул АхIмад-Расул рокъого цIалула. Ясалин абуни: Марям, Маржан, ПатIимат, Калимат руго. Хъизан Асиятги ункъалго ясалги къуръан цIаларал руго, Аллагьасе рец буго киналго лъимал Аллагьасул дин курал гIадамазул гIарз бахъуларел нахъаса чи кIалъаларел лъугьиналда гьелдаги кIудияб шукру буго как дин гьечIеб гьекъолдулеб агьлуялдаса хъизамалги лъималазеги швечIо абун, ясалги гьединаб бакIлда кечIо абун. Хадуб Х1абибуллагь рахIимагьугь унтун гIажизлъиялда кедал "Бухари"ялъул дарсал росизе хьвадана гьев Хасавюрталда чIарав Гумбет ЛъаратIаса Вали абулев гIалимасухъ рахIимагьугь.


САСИКЬА МУЦАЛАУЛАЛДА ГОЧИ


ХIабибуллагь дибир накълулъун хадуб гьесда амру гьабуна Тажудин-афандияс мун инзе колилан Муцалаулалда кIудияб мажгиталда имамлъун. Гьесул амру тIубазе гьабун гьев гочана жиндие баракат щвараб гьеб Сасикь росолъан Муцалаулада 1990 соналъ.

Муцалаулалда гIуцIана мадраса малъана тIалаб гьабуразда гьесдаса бажарараб гIилмукъуръан. ТIоцебесеб соналъго 80 лъимералда малъана Аллагьасул калам, къуръан. Хадубги бачана бажарухъе халкъги мадраса гIуцIун цIалиги.

Сасикьдерил жамагIаталъ росдаца кIочон течIо гьев росолъан гочун нахъе аниги гьесул хIурматги адабги кидаго гьабулилан абула гьес. Гьезулги Гъагъалъа Рашидбегил АхIмадилги кIудияб квербакъиялдалъун гIуцIана кIикъого метра халатаб ичIго метра гIебаб кIиго тIалаялъул мадраса гьениб Муцалаулалда. Гьелъул рахъалъанги гьес абулеб буго жиндир цIакъ кIудияб баркалаги дугIаги кидаго камизе тезе гьечIилан гьезиеги гьел гурел кумек гьелъие гьабурал цагидазеги абун.


ХIЕЖ


Гьес хIеж гьабуна анкьго нухалда Аллагьасул рукъалда. ХIеж тIубарал кола хъизам Асиятги кIиявго КIудиял васалги цо-цо нухалъ. Гъанбулат цо соналъ гIумраялда ана рамазан моцIалъ. КIалкол мацIги шавалалъул анлъго къоги гьес Макка-хIарамалда бана. Гьеб рамазан моцIалъ "масжидул-хIарамалда" жаниб цIалун ай хатму гьабун буго 15 нухалъ къуръан.


СИРИЯЛДА ГIИЛМУ ЦIАЛИ
Мажгит мадрасаялъул цIар


Дамаскалда давруялда ун цIалана лъабго МацIалъ. Сириялъул муфти АхIмад Кафтаруясул гIуцIиялда гъоркь гьесул мажгиталда бугеб мадрасаялда. Гьевги тIарикъаталъул устар вукIун гьесулгунги лъикIаб гьоркьолъи лъугьун буго. Гьес кванда ахIун Дагъистаналъул давруялда рукIаралшиназе, гьесул рокъоб тавжугьги гьабун буго. 1995 соналъ августалъул 20 къоялъ лъугьун буго цIали.

Давру тIубаялъул диплом кьолеб гьеб кIудияб мажгиталда, гIалимзабазул кIудияб мажлисалда рагIи кьун буго Гъанбулатие цеве вахъун Дагъистаналъулги цIалиялъулги лъугьаба-хъиналъул хIакъалъ ахIвал-хIал загьир гьабизе. Гьениб гIараб мацIалъ калам гьабуна гьес, гьезие баркала загьир гьабун гьез гьабураб хъулухъалда данде. Гьез гьеб видиоялдаги бахъун буго, гьелъул касетаги буго. Гьединго гьез гьеб кIалъай бахъана давруялъул тIехьалдаги. Гьеб бакIалдаса гьесие щвана имамлъиялъул, хатIиблъиялъул ва мударислъиялъул диплом.


ДАВРУЯЛДА РУКIАРАЛ ГЬЕСУЛ МУДАРИСЗАБИ


Давруялда цIалулаго РукIарал Дамаскалъул гIалимзаби, гьесул устарзаби кола гьал Аллагьас жудер мунагьал нурун алжан ризкъилъун щваял.

  • 1) Сияралъул - Назим Шариф дусукъи
  • 2) ГIулумул къуръан - ащайх доктор ХIамзат
  • 3) ГIулуму тажвид - АхIмад жазаири
  • 4) ГIулумул фараиз - МухIамад Башир мафши.
  • 5) ГIулумул гIакъаид - МухIамад Ратиб наблиси.
  • Гьесул кIудияв эмен кола машгьурав щайих ГIабдулгъанийи наблиси "ТIарикъатун мухIамадияталъе" шархI гьабурав, "ХIадикъату надияту" абун, тIарикъаталъулги КIудияв муршид ВукIана гьев.
  • 6) Низамул усрати фил ислами - МухIамад Хайр Гьайкал.
  • 7) ГIулумул фикъгьи - доктор МухIамад ширбижийи.
  • 8) Мадату низамил исламийи - доктор РабигIу лахIам.
  • 9) Мадату дагIвати ва дугIати - щайих ва муршид Ражаб Диб.
  • 10) Мадатул ХIадис - щайих ГIумар сабагъ.
  • 11) Мадату тарбияти ва тазкияти - щайих доктор Башир албанийи.
  • 12) МустIалахIул ХIадис - щайих МухIамад Башир руз.
  • МухIазараялъеги (лекция) рачIулаан ФатхIу-якангиа Юсуфу руфагIиюги. Мудирул гIам доктор МахIмуд Кафтарувги, доктор Басам сабагъиги ва гьел гурелги. Аллагьас гьел киналго устарзаби кIиябго рукъалда ритIун кезе гьареги, ЛъикIаб гIилму гIамал рекъарал гIалимзаби рукIана гьел абуна гьес дие жо лъангутIи гьезул гIайиб гьечIо гьел Аллагьасда цере рацIадал руго, хIал кIвараб хIал кьуна гьез дие абун.


    ГЬЕС ЗИЯРАТАЛ ГЬАРУРАЛ БАКIАЛ


    ТIоцебе аварагасул равзаялдаса байбихьун (с.т.гI.с.) Мадиянаялъул "бакъигIул гъаркъадалда", зиярат гьабулел киналго бакIазда: ухIуд, хIунайлиялдаги, ХIамзатихъги, чIахIиял хириял мажгитаздаги.


    СИРИЯЛДА ГЬАРУРАЛ ЗИЯРАТАЛ


    Масжидул амавийи, СилахIудин Аюби, аварагасул будун Билал асхIаб, ГIалиасхIабасул яс Зайнабил мажгиталда, Арслан димишкъиясул мажгиталда, Абу-Аюбил ансариясул хобалда, МухIйидин гIарабиясул хобалда, Халид-Шагьил багъдаиясул хобалда, Къабилица Гьабил ЧIвараб бакIалда, ЯхIия аврагасул хобалда гIалайгьи салам, ХIусенил яс Рукъиятил мажгиталда, гIабдулгъанийи наблисиясул мажгиталда ва цогидал бакIазда.


    ГIИРКЪЛДА ГЬАРУРАЛ ЗИЯРАТАЛ


    Абу хIанифатил мажгиталда, Багъдадалда жанибго буго гьесул зиярат, ГIабдулкъадир гиланиясул мажгиталда, хобги жанибго буго. Кербалаалдаги гьаруна зияратал, гьарулел киналго бакIазда. Аллагьас къабул гьарун ратеги. Гьаб кинабго заман ана гьесул Аллагь авараг разилъи тIалаб гьабулаго жиндиегоги халкъалъеги пайдаяб киндай лъугьилаян ургъулаго вагIза-насихIат жиндийгоги халкъалъеги гьарулаго. Данде гьаруна тIахьал гьелго вагIза хъварал гьединал диналда хурхарал тIахьазул къадар бахула 17 тIехьалда.

  • Инкаралъул агьлуялдасан накIкIал рачIи.
  • РакIалдаса Аллагь гурел жал рацIцIи.
  • Тарикъаталъул аслаби.
  • Диналда байбихьулезе бетIербахъи гьаби.
  • Сайгъат.
  • МоцIрол цIваби, ай гьелъул щибаб моцIалъул вагIзаби.
  • Рузманалъул какда хадуб фарз бай хIакъалъулъ.
  • Махрадж таджвидалъулъ хIакъалъулъ.
  • Мавлид цIали ва гьелъул хиралъи.
  • МоцI бихьун кIал кквей (гIараб).
  • Унтаразе къураналдалъун дару гьаби.
  • Изнуялда кьей гьелде нахъе рачIулел жалги.
  • Дараби гьари.
  • Капурзабазда релъолел жоялдаса цIуни.
  • ШаргIалда гьукъарал жал нахъе чIвай.
  • Замзамалъул лъамалда къиса.
  • Диналъул вацалазул суалазе жавабал (гIараб).


  • МУТАГIИЛЛЪУДА ВУГЕБ МЕХАЛЪ ХЪВАРАЛ "ТIАХЬАЛ"


    Гьал тIахьал данде гьари гуребги гьитIинаб заманалдаса букIана гьесул тIарикъаталдахун цIикIараб рокьи. Гьедин букIин бихьизабула къваригIарал тIарикъаталъул тIахьал щвезе бигьаяб букIун гутIиналда бан захIмат бихьун хъварал гьесул тIахьацаги. Устарасул амруялдалъун гьес хъвана Гъазалиясул 2-го тIехь. КIиябго тIехь хъвана 1966 соналъ. Гьелдаса хадуб хъвана ХIасан-апандиясул ТIарикъаталъул тIахьал 12 тIехь. Ва гьел гурелги цоги гIисинал тIахьалги.



    Список односельчан. Всего регистрировано 40 односельчан!
    Присутствует в категориях: / Богословы/

    Тагиров Гъамбулат упоминается в:
  • [2904]  Видеозаписи выступлений богословов на конференции «Народы верховья Андийского койсу в Кавказской войне XIXв.»
  • [933]  ГIагараб дир ЦIумада
  • [3139]  Предисловие
  • [1588]  Пролог

  • Тагиров Гъамбулат упоминается в новостях:
  • Опубликована расширенная биография шейха Тагирова ГъамбулатхIаджи
  • Российские войска блокировали село Муцалаул в Дагестане

  • Тагиров Гъамбулат в фотогалерее сайта:
  • [2085]  С проповедью выступает шейх Гамбулатхаджи метрадинский

  • Часто упоминаемые личности вместе с Тагиров Гъамбулат (не более 15):
  • [2]   Загалавдибир из Хварши  [Хварши]
  • [2]  Курбанов ХIусен афанди из Саситли  [Саситли]
  • [1]  Салман   [Метрада]
  • [1]  Асхаб   [Сильди]
  • [1]  Исаев Шамхалдибир Магомедович  [Гигатли]
  • [1]  Магомедова Сабигат Усмановна  [Инхоквари]
  • [1]   Хучбадибир   [Эчеда]
  • [1]  Сажид   [Верхнее Гаквари]
  • [1]  Идрисов Магомед   [Инхоквари]
  • [1]  Закаредибиров Магомед (устаз)  [Тинди]
  • [1]  Халаков Мухаммед   [Квантлада]
  • [1]  Гаджидибир   [Гигатли]
  • [1]  Магомедов Али Алиевич  [Гигатли]
  • [1]  Омаров Курбангаджи Алиевич  [Гимерсо]
  • [1]  Асхабов Асхаб Магомедович  [Хуштада]

  • Список сообщении и комментариев:

    Имя: Гость  Дата: 2012-04-05 23:15:08

    Михъал к1ван рихьула руги ножода????????????????????????????????????? Шейхасухъ ралагьун босе тарбия

    Имя: borodaagvali  Дата: 2012-03-11 13:39:22

    Фото и материал Абдулаева М М.

    Имя: borodaagvali  Дата: 2012-03-11 13:37:29

    ГIИРКЪЛДА ГЬАРУРАЛ ЗИЯРАТАЛ

    ГIИРАКЪЛДА ГЬАРУРАЛ ЗИЯРАТАЛ

    Имя: Дагестанец  Дата: 2012-03-09 16:19:14

    Пожалуйста создайте телеканал этого шейха. Как твЧиркей саида афанди

    Имя: Цlумадисев  Дата: 2012-02-08 23:52:33

    Гамбулат Афанди-вы самый лучший, самый добрый, самый умный, самый большезнающий шейх Дагестана

    Имя: аш-Шейх Хамза аль Урухи  Дата: 2011-07-02 00:18:59

    малъизе чи гьеч1ого гьеч1о,малъараб босич1ого буго г1адлу хун ,байтуман

    Имя: аноним  Дата: 2011-07-02 00:01:19

    про каких шейхов ботаете их никто не видел Гъарул Х1ираъ,так глаголят черкеевцы Р.С.Гъарул Х1ираъ-место,где сбор кандитатов на ранг "устазов"

    Имя: хунзахъев  Дата: 2011-05-17 16:42:48

    Аллагьас дуе щулияб сахлъи кьеги,вохила ха нужеца цо телеканал гьабуни дур:-). Аллагьас къуват кьеги дуе гьеб гьабизе

    Имя: Ахlмад  Дата: 2011-04-17 18:58:43

    Ле амоним мун кlалги къан вукlа вагьабист. Вы сами это нововедения делаете вахабисты,как нам предки оставили религию и мы тоже так будем делать. Тu ***. А гъамбулат афанди-самый лучший человек. Аллагьас дуе Гъамбулат устар сахлъи кьеги,жеги нусго соналъ чlаго таги

    Админ: прошу воздержатся от оскорблении... это не является чертой мусульман

    Имя: Мух1амадамин. Хушет.  Дата: 2011-03-01 20:26:19

    Ле аноним! Ты есть трус и мац1ихъан. Трус, потому что прячешься и говоришь, мац1ихъан потому, что говоришь не правду, от зависти так лишь бы сказать. Кроме того видимо ты ещё неуч и богохульник, потому как слова Аллагь ты написал с маленькой буквы.

    Имя: Аноним  Дата: 2011-02-24 18:17:28

    пусть тебя аллах направит на истинний путь оставь эти нововедения и ширки

    Имя: Г1иса.  Дата: 2011-02-23 05:24:52

    Аллагьас, мун сахда таги!

    Имя: Салман из 8 в класса.  Дата: 2010-12-30 07:36:58

    Аллагьас дуе Гъанбулат устар сахлъи кьеги. Жеги нусго соналъ ч!аго хут!аги. Мун цо цо нухалъ нижехъги вач!а. Мун вач!индал нижер рак! лъик!аб лъугьула.

    Имя: Х1ажи Билалов  Дата: 2010-02-19 19:54:18

    Асаламу г1алейкум, муршид!!! Аллагьас,дур къасдалги т1уран, сах-саламатго хут1аги, мун, муфтакъир, даруль фанаалда, вугебг1ан заманаялъ. Гьавураб къоялъул, г1ид гьабиги, гьеб цоцазда баркиги, мун г1адинал, х1азир-х1узуралда, руссарал, мукъаррибаназда, гьоркьоб, бук1унареб жо бугониги, гьаб сайталъ кьолеб ресалдаса, асланги босун, дие бокьун буго, Мусаббибу-л-асбабасда, гьаризе, дуе, жегиги, саг1адатияб, къарнуялъул г1умру, кьун батегиян абун. Дунго, музниб, вугониги, заг1ипабго хьулги буго, рек1ел т1инакъ т1ирщулеб, (Аллагьасги, абун бук1идал: "Къул я г1ибади"- ян), устод, дур муридлъунги вахъизе, ва дур баракаталъул, мискъал г1анасеб бугониги, фаслоги щвезе. ИншАллагь!

    © 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
    Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
    e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
    Вариант для печати вернуться в начало сайта
    Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.