РЕКIЕЛ ХИНЛЪИЯЛЪ ХАСЛЪИ КЬУРАЙ ШАГIИР
Дихъа бажаричIо лъикIлъи гьабизе,
Дий лъикIлъи гьабурал церехун ана.
Дихъа бажаричIо квешлъи гьабизе,
Дий квешлъи гьабурал нахъа хутIана.
Гьединал жугьабигун ячIун, дунги йигин дунялалда, диеги бокьун бугин гIадамазда дирго гьаракь рагIизабизеян абуна ункъоабилел соназул авалалда, гьанже жий магIарулазда лъикIго лъалей шагIир ЦIумада районалъул Инхокъвариса Сабигат МухIамадовалъ. ЛъикIлъи гьабуразеги гьабичIезеги жиндаса бажарараб лъикIлъи бикьизе Сабигат кидаго хIадурай йикIин ва квешлъи гьабуразе квешлъиялъул рецIел кьезе гьелда ракIалдецин кколареблъи лъикI лъала дида. Лъала жийго Сабигат дида лъикI лъалелъул. 1980 соналда ниж цадахъ ккана республикаялъул культураялъул училищеядде цIализе, цадахъ рахъана адабияталъул нухде сапаралъ. Гьелдаса нахъе араб 26-27 сон гIемерищ-дагьищали лъаларо, лъай-хъвай лъикIаб гьудуллъи-божилъиялдеги сверана нижер, гьеб ракIал журараб, бацIцIадаб гьоркьоблъи, гьоркьоб гьогьенги тIад хIурги ккечIого цIунунги хутIана.
Далее 16.06.2007 http://www.tsumada.ru//news/22414
|