Опубликована краткая история селения Тлондода
ГЪАДИНАЛ РУГО ЛЪАНДАЛ
ГIабдула МухIамадов, Хуштада гьоркьохъеб школалъул тарихалъул мугIалим
ГIандигIурул кваранаб рахъалда, бакъльуда керен кьурал багвалазул мугIруз жанибе бачараб, гIажаибго хIайранаб расальиялда, къилбаялъул рахъалда бус-сараб кьурда тIад боржине къачIараб цIумалда релълъун бихьула рикIкIадиса балагьидал жиб некIсиял росабазул цояблъун рикIкIунеб Льондода росу. Росдада цебе буго тIубараб лъагIелалъ гIурччинльидул кьер хисулареб «Манигъадари» рохь, росдада гьоркьан чвахулеб буго гьобо хIалтIизабизе гIураб къадар лъим жиндир бугеб лъар. БакьтIерхьул рахъалда гIурччинал хурдул, бакъбаккул рахъалда боцIи кваналел риидалил мучIдул. Цо хуштадисес жиндирго божарав гьобол-гьудул лъондодисесда абун буго: «Валлагь гъудулав чи, гьабсагIат нуж ругеб бакIалда нуж лъандал рукIинчIелани, ниж хуштал, цIакъ бечедал чагIи рукIизе рукIана», -ян. -Гьаб щай, -ан цIехон буго лъондодисес. -Нужер бугебщинаб мегIергIалах, ах-хур нижее щвезе букIиндалха, -ян жаваб гьабун буго хуштадисесги. Гьединаб гьава-бакъ рекъараб бакIалда гIумру гьабун руго гъалбал хириял, гIадлу-низам щулиял лъандал.
Росдаде тIаде балагьараб магIарда ругел сиязги нугIлъи гьабула Лъондода росдал тарих некIсияб букIиналъе. МугIалим хIисабалдаги дирго хIажалъабазги гIемер щола дун гьеб росулъе. Дир лъикIаб лъайхъвай букIана гIумру советияб хIалтIуда арав ГIазизов МухIамадилгун. Гьесул биценазда мугъчIвайги гьабун, бицине бокьун буго дагьа-макъабго гьеб росдал тарихалъул.
Далее 11.01.2010 http://www.tsumada.ru//news/22729
|