Гьай х1алч1ахъад, г1емерал соназ Гъоркь Гьаквари школа интернаталъул директорлъун х1алт1ана. Гьеб школалда ц1акъ лъик1аб лъайги, ц1акъ рит1ухъаб тарбияги кьолаан. Дир г1елалъул нижерги, сверухъ ругел росабазулги лъимал, ч1ах1иял классазда киналго гьенир ц1алана, гьезул кутакалда лъик1ал, районалъеги Республикаялъеги хайир бугел г1адамал рахъана. Амма ресукълъиялъ, бесдаллъиялъ, унтарай эбелалъе кумек х1ажатаб бук1иналъ, дир гьенив ц1ализе инзе рес ккеч1о. Бицунаан г1емер: гьелъул лъаялъулги,г1акълуялъулги, бажариялъулги, рит1ухълъиялъулги, лъималазда бугеб эбелалъул г1адаб т1алабалъулги. Гьелъухъ ц1аларалщиназ, гьабсаг1атги к1удияб адаб-х1урматалда рехсола гьелъул ц1ар.
Дуца Гьакваризул интернаталъе,
Эбеллъи гьабуна г1емерал соназ,
Г1умруялъул нухда г1олилал дуца
Г1емер ккезаруна лъик1аб лъайги кьун.
Духъе рач1унаан Ункъракьалдасан,.
Унго-унгоги лъай бокьаралщинал
Сасикьа, Сильдиса, Гьакъо, Къедиса,
Гъоркь Т1ад Хъварщиниса ва Хушетиса.
Дуца тарбия кьун г1езабураб г1ел,
Г1алимзабазда гъорлъ руго г1емерлъун.
Иях1 намусалъул дарс щванщиназда,
Щола мун рак1алда рек1ел асаргун.
Дур бакъде бук1араб мокъокъазул т1ел,
Бакъул дунялалда чанги боржана.
Мокърукь бусен лъураб милъирщодул гвай,
Гаргала мунги тун твархан боржана.
Чанги ц1одор арав дуда цевеса,
Ц1алуе бег1ерав, г1акълу камилав.
Г1адамалъ рекъарав, рокъов берцинав,
Ризкъи дуе гьезго бигьа гьабила.
Х1илла рек1к1 рик1к1адаб дур г1акълудул нур,
Г1олаан киналго ц1алдохъабазе.
Г1адлудул рит1ухълъи, рек1ел бац1алъи,
Бицаде бицунеб бук1унаан дур.
Канлъиги хинлъиги бащад бикьулеб,
Ч1ахъаги баг1ар бакъ хъах1илаб зодихъ.
Гьелъул мисалалда наслу къач1алей,
Ч1ахъаги муг1алим г1одо ракьалде.
Дур г1акълуги лъайги х1ажалъун буго,
Х1алухъин т1ирщизе т1инк1улеб ц1адлъун.
Ц1ияб г1ел куцалел къвариг1ун руго,
Къого сон баразе х1албихьи кьезе.
Гьанжени
Басират, - бат1аяб заман,
Лъавукълъицин буго г1арцухъ босулеб.
Г1олохъанаб г1елги г1елму жибго тун,
Г1арцул ургъалида рагъулел руго.
Вач1унаро гьанже ВУЗазул вакил,
Жидехъе ц1ализе рач1аян абун.
ЕГЭ кьолев гьанже учитель вуго,
Эбел инсудаса г1арацги босун.
Дуда, дур г1елалда, теракт бихьич1о,
Гьанже талих1 буго гьелдасан ц1уни.
Ц1одораб бер буго кибго х1ажалъун,
Х1алихьалъудасан х1алхьи ц1унизе.
Рохеллъун бук1араб васал к1удал г1ей,
Ургъеллъун ккун буго гьанже улбузе.
Гьел «рохьил сих1рабаз» сверундай кквела,
Судалъул бак1иде ч1езедай ккела.
Дуцаго дарс кьурал лъимал дандч1вайгун,
Лъала цо-цо дурго лъалк1 г1умруялда.
Лъик1ал чаг1и лъугьун гьел рихьарабго,
Рихьила халалъун хут1арал къоял.
Гьаб дунял г1ащикъаб г1елмудул ват1ан,
Г1алимзаби камун как-дин хут1ич1еб.
Г1аламалъе г1ураб г1акълудул улка,
Кибе унеб бугеб лъалев чи вугищ?