Родом из селения Верхнее Гаквари.
Кавалер красной звезды.
БАГIАРАБ ЦIВАЯЛЪУЛ КАВАЛЕР
1939 соналда БагIараб Армиялде хъулухъ гьабизе ана ТIадгьаквари росулъа МухIамад ГIалиев. 1942 соналда гьес лъугIизабуна. Ленинградалъул рагъулаб училище ва швана гьитIинав лейтенантасул цIар.
КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьарал тIоцересел къояздасанго нахъе МухIамад ВукIана рагъул цIа бо къараб Ленинградалда.
Ленинил шагьар цIунулаго М. ГIалиевас взводалъе ва ха дуб ротаялъе командирлъи гьабуна. Рагъазулъ бихьизабураб гьунаралъе, къвак Швеялъе гIоло гьесие лейтенантасул цIар кьуна.
Гитлерилаб фашизмалде данде вагъулаго М. ГIалиев лъабго нухалъ лъукъана ва лъабабго нухалъ госпиталалдаса сахлъун рагъде тIад вуссана.
Ленинил шагьар фашистазул гъачагъаздаса цIунулаго рагъазулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе гIоло МухIамадие наградаялъе кьун буго БагIараб цIва орден, 5 медаль ва ТIадегIанаб командованиялъул рахъалдаса гIемерал баркалаби.