![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Гьайбатаб Хъуштада хирияб ВатIанБерцинал тIугьдузул мугIрузда гIураб
Щулиял кьурабаз жани бачараб, Керчал накIкIил рохьаз тIавап гьабулеб, Гьайбатаб Хъуштада - хирияб ВатIан. Имам Шамилица дол кьалул соназ "ГьитIинаб цIорилан" цIар лъуна дуда. Лъай - гIакълу цIикIкIарал гIалимзабазул Берцинаб Хъуштада - хирияб ВатIан, РакI лъикIал гIадамал, гIанчIал гIолилал, Рохелгун - пашманлъи бащад бикьулел Херазул гIолилаз хIурмат гьабулеб Гьайбатаб Хъуштада - Хирияб ВатIан. РекIелъ чаран лъурал васал рижараб, Мусудул гIадинал ясал гIемераб, ГIакъилал харабаз берцин гьабураб Гьайбатаб Хъуштада хирияб ВатIан. Эбелалье ясгIан имсуе васгIан ВатIан мун бокьана рокьи духъ ккана Киве щвананиги щиб бихьаниги Мунилан ахIана хIасратаб ракIаль Москва нужей тела Хъуштада дий кье, Париж хIажат гьечIо, Хъуштада гIела Дир Багъдад, Анкара, Тегеран, Дели Дир рокьи, дир гIумру, дир рохел, дир хвел. |
|||||||