![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ТавбоБисмиллагьи ррахIмани ррахIимиАстагъфируллагь Аллагь, гьарулеб буго Дуда
Дир гIасияб рекIелъа, рахъе мунагьалилан. Астагъфируллагь Аллагь, ахIулеб буго Дуде, Дир мунагьалги рахчун чидар мунагь нахъчIваян. Астагъфируллагь Аллагь рахIматал цIикIкIинаре, ЦIикIкIарал нигIматал Дур, диде чвахизе гьаре. Астагъфируллагь Аллагь, ахIи балев дун вуго, Авараг вокьулезул, кьерилъе лъугьинаве. Астагъфируллагь Аллагь, АсхIабзабигун раче, РакIазулъ хIинкъи ккараб, кутакаб махIшаралде. Астагъфируллагь Аллагь, иман-ислам бокьарал, Рокьулел Дур лагъзазда, гъорлъ дунги гIахьал гьаве. Астагъфируллагь Аллагь, гьава тун шайтIан рихун Ахират бокьулезул, кьерде лъугьине гьаве. Астагъфируллагь Аллагь, бераз кIалалъ гIундуца ГIемер хьвадарал хIатIаз, хIалихьатаб дир напсалъ БатIаго кверацаги, кинабго дир лагаялъ Гьабураб квешаб гIамал, Дуца бахчун те Аллагь. Мун разияб куцалда, дунялалда хьвадизе Дуе бокьухъ вукIине, виччан те Аллагь Дуца. Доб ахираталдаги, Мун вихьулезда гьоркьоб ГьитIинаб бакI диеги, Дуца гьабун те Аллагь. Хвел-хобалъул пикру тун, Дудаса ракI гъапуллъун, ГIадада араб гIумру, гьелдаги пашман вуго. БидгIияб жибго тана, ислам къабул гьабуна Тавпикъ кье Дуца дие, Дуе тIагIат гьабизе. Лаиллагьа иллаллагь, абулеб ракI мацI букIун, Бахъе хирияв, Аллагь ахирисеб дир хIухьел. ХIуснол Хатиматги кьун хвалда витIун ккезаве Квешлъаби дир рахчун те, таваккал тlаме рекlель. Киназего гIахьалаб, абадияб рукъалъул КъачIараб букIен Дуца, диеги хIадур гьабе. Гьанже дунго хутIулеб, хваразе хIинкъи бугеб БецIаб хабалъ дун лъедал, ахIи Дуда дир Бечед БитIараб жаваб кьезе, кье тавпикъ дие Аллагь, Дур Мункар-Накирасул, ракI разияб хIалалда Астагъфируллагь Аллагь, дир ахIи къабул гьабе. Къокъабго гIумру бугин, берцинаб ахират кье. Къваридаб дир ракIалъе чвахулеб магIуялъе Мискинав пакъирасе, жаваб кьечIого тоге. Астагъфируллагь Аллагь, Астагъфируллагь Аллагь. Астагъфируллагь Аллагь, къабул гьабе дир тавбо! |
|||||||