 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадГЛАВА XVIII
Мажгит бан лъугьана, минара базе
ЦIехолдизе ккана гьабулеб къагIда
Гьеб жеги халкъалда бихьун букIинчIо
ВукIинчIо устарги гьеб махщел бугев
КIудияб, лъим она гьитIинаб лъарал
Каспий ралъадалъул лъел гохьанибе
ЛахIавлаян бисмила гьабун
КьучIалда гьелъие гамачI лъеладе
Гьале минарадул кьучIалда лъураб
ГанчIида устарас бикIкIун къачIараб
ГIараб хъвай - хъвагIайги кьучIаб тарихги
Мажгитул лъимадул бижиялъул нугI
Гьединаб минара Ункъракь ракьалда
Цо коцониб лъураб гIадинаб буго
Гьеб кIиябго хIалтIун вукIине ккола
ЦIакъго гьунар бугев хасав къадахъан.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|