![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Бице мугIрулДир хириял мугIрул руцIун чIолел?
РукIарал рагъазул кин бицунареб? Яги гIенеккулев чи гьечIогойищ? Ялъуни рагIуде гIин бачIогойищ? Бице дида дурго васасул хабар, Халкъалда цIар арав АличмухIамал, Анкьракьалъул бодул цевехъанасул, ТIиндадерил гъалбацI Аличуласул. Жегиги гьитIинго гIелму цIаларав, ЦIалулел тIахьазде рокьи цIикIарав. Росабалъ хьвадун лъай, камил гьабурав, Динул церехъабаз гIелму малъарав. Богос мегIералъул щулалъи щварав, ЩватI бугеб черхалъул мугIрул гIолилав. КIигъуждулъан гIебав, гIамал берцинав, Баргьун гуронани, жив къун чIоларев. АнцIила ичIиде хIежги борхарав, Къуръан хIадисалъун магIна босарав. Къого сон балелде бодул цевехъан, БачIунеб гIелалъги бетIер къулулев. Имам Шамилица гъазаватилан, Халкъалдехун хитIаб гьабурав мехалъ Анкьнусго чиясул боги бакIарун АхIул гохI цIунизе цIиркълъун рештIарав. Бице дир АхIул гохI цIоб гьечIеб рагъул Ракьалда тIунщинаб бидул гIоразул. Нусиялда кIикъого солдатазул, Цо къоялъ бахъарал гьазул рухIазул. Бице дида, бице лъукъананиги, НахъегIан къачIезул, цере гурони Асирлъиялдасан хвелго лъикIилан Хучдузул балазде данд кIанцIаразул. БахIарчиял цIумал чIахъула дица МугIрузул каранда цIарал хъвай гьазул, Аличул МухIамад ва Усайл ТIинди росулъ гIурал багьадурзаби |
|||||||