Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру»

РЕКIЕЛ ХИНЛЪИЯЛЪ ХАСЛЪИ КЬУРАЙ ШАГIИР

Критика ва библиография Сабигат МухIамадовалъул

Магомедова Сабигат Усмановна. Магомедова Сабигат Усмановна.
id:200662023088


Дихъа бажаричIо лъикIлъи гьабизе,
Дий лъикIлъи гьабурал церехун ана.
Дихъа бажаричIо квешлъи гьабизе,
Дий квешлъи гьабурал нахъа хутIана.

Гьединал жугьабигун ячIун, дунги йигин дунялалда, диеги бокьун бугин гIадамазда дирго гьаракь рагIизабизеян абуна ункъоабилел соназул авалалда, гьанже жий магIарулазда лъикIго лъалей шагIир ЦIумада районалъул Инхокъвариса Сабигат МухIамадовалъ. ЛъикIлъи гьабуразеги гьабичIезеги жиндаса бажарараб лъикIлъи бикьизе Сабигат кидаго хIадурай йикIин ва квешлъи гьабуразе квешлъиялъул рецIел кьезе гьелда ракIалдецин кколареблъи лъикI лъала дида. Лъала жийго Сабигат дида лъикI лъалелъул. 1980 соналда ниж цадахъ ккана республикаялъул культураялъул училищеядде цIализе, цадахъ рахъана адабияталъул нухде сапаралъ. Гьелдаса нахъе араб 26-27 сон гIемерищ-дагьищали лъаларо, лъай-хъвай лъикIаб гьудуллъи-божилъиялдеги сверана нижер, гьеб ракIал журараб, бацIцIадаб гьоркьоблъи, гьоркьоб гьогьенги тIад хIурги ккечIого цIунунги хутIана. Сабигат йиго рекIелъ иманги бугей, инсанлъиялъул лъикIалщинал хасияталги жиндилъ рессарай, кинаб къо тIаде бачIаниги накIкIил гъветIалъ кьергIанги гIамалги хисуларей, сабурай магIарулай. Гьединго сабурго, щибго ахIи-хIур гьечIого, жиндирго хатIгун, жиндирго нухгун, жиндирго гIамалалда релълъараб гIодое йиччайгун ячIана гьей адабияталде гьоркьоеги. Гьадаб байбихьуда рехсараб ункъжугьаялдасанго бихьулебги бичIчIулебги букIана цIияб пикруялъул цIияй шагIиралъ магIарул шагIирзабазул гъасда жиндирго бакI кквезе букIин, гьелъ жиндирго рагIи абизе букIин. Дагьал рагIабазулъ гIемераб магIна лъезе кIвей, гьитIинабго ункъжугьаялда жаниб кIудияб пикру рагьизе бажари бачIинахъего загьирлъана С. МухIамадовалъул асаразулъ. Гьеб бихьун, 1981 соналда букIараб Дагьистаналъул гIолохъанал хъвадарухьабазул мажлисадда нилъер халкъалда гьоркьор цIарал машгьурлъарал шагIирзабаз лъикIаб къиматги кьун букIана Сабигатил кучIдузе. ВЛКСМалъул Дагьистаналъул обкомалъ ХIурматалъул грамотаги кьун букIана доб мехадда гьелъие.

Селение Нижнее ИнхоквариСеление Нижнее Инхоквари
id:1355

С. МухIамадовалъул тIоцересел кучIдул рахъана "БагIараб байрахъ" газеталдаги "Гьудуллъи" журналаддаги, хадуб "Чвахало" абураб гIахьалаб тIехьадда. Жиндирго хасаб "Кьурда тIегь" абураб тIехь шагIиралъ къватIибе биччана 1992 соналда. Гьеб заманадде гьелъ лъугIизабун букIана ДГУялъул библиотекаразул факультетги. Газетал-журналазда ва гIахьалал тIахьазда рахъарал кучIдузухъ балагьун шагIирасе къимат кьезе бигьаго букIунаро. БатIияб суал буго хасаб тIехь. "Кьурда тIегьалъухъ" балагьун борцине бегьулаан Сабигатил пагьму-гьунарги, хIисаб гьабизе рее букIана гьелъул творчествоялъул хадусеб къисматалъулги. Гьеб тIехьадда С. МухIамадова цIалдолезда цее яхъуней йиго цересезде дандеккун пикраби цIубарал, магIна бечедал, рагIи камилал кучIдулгун. Гьеб къокъал кучIдуздасан гIуцIун буго. Гьадин абулеб буго "Поэт" абураб тIехьалда бахъараб, С. МухIамадовалъул творчествоялъул бицараб макъалаялда Дагьистаналъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас гьелъул хIакъалъулъ: "Кьурда тIегьалъул букIуна жиндирго цо хасаб берцинлъи. ГанчIилъе кьалбалги риччан балагьула гьелъ берцинлъи цIунизе лъим. Пикрабазул кьалбалги заманаялъулъе риччан хъварал къокъал кучIдул руго Сабигатил - кIиго мухъ, ункъо мухъ, микьго мухъ, анцIила кIиго мухъ. Къокъаб кечI хъвазе бищунго захIматаб буго. Гьезулъ букIине ккола рагIабаз бикIараб, накъишлъун лъугьараб гъваридаб магIна".

ШагIирасул гьеб пикру тасдикъ гьабулеб цо-кIиго мисал рехселин Сабигатил гьеб тIехьалде унел кучIдуздасан:


ЧIалгIеналъул тIогьий тIадеги яхун,
Хур бекьила дица рокьул кучIдузул.
Дуца, бокьичIони, цIаличIого те,
Рокьуда ватизе вихьичIев гьудул.

Яги

Ханзаби нилъер гьечIо,
Ханлъун буго замана,
Заманаялъ къварилъи
Къол нухалъ рикIкIад тола.

Гьебго соналда басмаялде бахъана Сабигатил "Рокьи" абун цIар тараб харбазул гьитIинабго тIехьги. Щуго хабар буго гьениб. Гьеб тIехь С. МухIамадовалъул творчествоялъул цогияб рахъ рагьулеблъун, прозаялъеги гьелъул махщел букIин бихьулеблъун бугин абун тей щибго абичIого тей гIадаб жо букIина. Гьеб щуябго хабаралъул щибалъ щуго кьисаялъгIан суалал рорхулел ругин абуни битIун букIина. Гьездасан бихьулеб буго авторадда поэзиялдаго гIадин прозаяддаги дагьал рагIабазулъ гIемераб магIна лъезе кIолеб букIин. Щибаб хабаралъул буго тIад ургьизе, пикру гьабизе цIалдолел тIамулеб хIасил. Авторалъухъа бажарун буго жиндир пикруялда нилъги божизаризе, гьеб тIадбалагьун хIакъикъатадде данде кколареблъун бихьаниги. Масала, "Рокьи" абураб хабаралда гIолохъанчIужу Бигьидаца жиндирго абурав гIолохъанчи СалихIидаса инкар гьабулеб буго, гьесде дандеккун унтарав, ригь арав Багьавдин жиндирго рекIее гIагаравлъун вукIун. Абизе бегьула гьедин гIумруялда букIунарилан. Амма хабар цIалидал бихьулеб буго, авторалъул гьунар гIун букIин бечелъиялдасаги, берцинлъиялдасаги, цоги хутIанщинаддасаги чиясе рекIел асар цебесеб букIин, ракIалъ малъаралдаса инкар гьабизе чиясухъа бажар шаребльи бихьизабизе.

Инсанасе тIадбалагьун, бицарасул бицаралда божун къимат кьезе бегьуларин, гьев живго вихьун, вичIчIун гурониян абураб магIна буго "Гьумер ва ракI" абураб хабаралъул. Гьединалго пикрабалъе тIамулел, тIад ургьизе жо бугел, босизе магIна бугел руго гьеб тIехьалде унел цогидал харбалги.

Селение Нижнее ИнхоквариСеление Нижнее Инхоквари
id:1348

Гьадин абулеб буго магIарулазул машгьурай шагIир Пайшат Малачиевалъ гьеб тIехьалъ жиндиего гьабураб асаралъул бицунеб, доб мехалъ "ХIакъикъат" газеталда бахьун букIараб макъалаялда: "Сабигатидаса бажарула магIарулазул образал гIуцIизе. Къокъабго хабаралъулъ гьелда мухIканго бихьизабизе кIола заманги къисматалги. Сабигатие Аллагьас поэзиялда гуребги, прозаяддаги гьунар кьун буго. Гьей жийго гIадал гIадатиял ва рацIцIадал руго гьелъул асаразул героялги. Дун йохарай йиго Сабигатил гIелцояй ва ракIжубарай гьудул йикIиналдаса".

Эбелалде кечI гьабичIев шагIир вукIунев ватиларо. Полохъанго гьей камигIан кIудияб кьварилъиги чиясде бачIунеб батиларо. Гьеб бихьулеб буго Сабигатил хадусеб, 1994 соналда бахъараб "Эбел" абураб тIехьадда ругел кучIдул цIалидал. Бачинин цохIо мисал:



Дир эбел гьечIилан абураб рагIи,
Рагьун бугин гордо, боржа къватIибе.

ЦIакъго гIадатго абураб гьеб кIиябго мухъилъ бугеб гьваридаб магIнаги, рекIел бухIиги, рухIалил бакIлъиги бихьулищ? Цоги-цоги мисалал гьанир рехсеялъул мурад букIинарин ккола гьеб тIехьалдаса. Гьединалго, жиндир рекIел бакIаб пашманлъи борцунел, лъугIел гьечIеб магIуялъулъ къалам ччун хъварал руго гьеб тIехьадда ругел киналго кучIдул.

Пейзаж в ИнхоквариПейзаж в Инхоквари
id:2256

"Хасалил бакъ" абураб цIар лъуи буго шагIиралъ хадусеб тIехьалда. Гьелде унел батIи-батIиял темабазда хъварал кучIдузулъ буго магIарул чIужугIаданалъул гIаданлъиялъул цIураб ракIги, рокьул асаралъул ссунареб цIаги, рорхатал мугIруз гIасрабаз нугIлъи гьабулеб, умумулъанго бачIараб сабруги, ссияб намусги, хисардулеб заманалъ бижизабураб эбелалъул рахIатхвейги, хьулаз борцунеб букIинеселде, гьорлъ цо кинабалиго хIинкъи бахчараб божиги.



Радал салам кьезе лъикIав чи вати -
Гьеб гуребдай талихI гьаб дунялалда.
Къаси, квешлъи ккечIин, къанщулел берал
Гьеб гуребдай хIалхьи гьаб дунялалда.

яги:

Щибизе дуниял, аскIор ругезе
Кумек нилъедаса щолеб гьечIони.
Сундуе гьаб гIумру, гIадамазухъе
Паданлъиялъул квер кьезе кIвечIони.

Нилъеда ракIалде ккола чи талихIавлъун вукIине ккани гIемераб жо кьваригIунилан. Ургьун балагьараб мехалъ, гIодобе биччараб, лъикIал гIадамалгун цадахъ унеб, цоцазе кумек гьабизе кIолеб гIумруги бугони, гьедин щибаб къоги унеб бугони, инсан талихIав вукIуневлъиялда ракIчIезабулеб буго гьеб кIиябго ункъжугьаялда С. МухIамадовалъ.

Цересел тIахьаздаго гIадин гьеб мажмугIалдаги руго ватIаналдеги, гIумруялдеги, гIадамасдеги бугеб рокьи рагьулел кучIдул. Гьале гьезул цо-цоял:



Алжаналъул канлъи рещтIараб росу,
Дур хасаб хинлъиялъ бала дида къвал.
Ургьиб ракI хIалхьулеб дир инсул авал,
БатIияб гьаваялъ гьаюла гьогьом.

Кини кIибикIулеб рукъалъул хинлъи,
Гьелдаса хирияб гьечIо щибниги.
Гьеб рукъ бахъун араб щоге дихъе къо,
Гьавунин рагIаги, хун рагIугеги.

Рокьиялъ ккураб ракI -
гьасда лъураб цIа, .
ЦIилъи дие щолеб цо дур балагьи.
Дур бадийги юссун абизе кIвечIеб
КочIол мухъазулъе унеб дир рокьи.

"Сабигатил кучIдул херлъиларо, хасго хутIила гьелъул лирикиял асарал. Заман аниги гьел хвеларо", - абун хъвалеб буго магIарулазда лъикI лъалей шагIир Бахумеседо Расуловалъ.

Гьебго пикру дагьаб гIатIид гьабулеб буго ДГУялъул аспирант, шагIир ХIамзат ГIизудиновас. "КIудияб ва даимаб рокьул асар - гьеле С. МухIамадовалъул поэзиялъул аслияб тема. Гьелъул кучIдул цIалулаго йихьула рокьи ккарай чIужугIадан. Гьей йичIчIизе ккани, нилъерго ккезе ккола рокьи. Школалда вугеб мехалдаго гьелъул кучIдул цIалулелъул, Сабигатилъ дида унго-унгояй магIарулай йихьулей йикIана. Жийго гьей лъайдал, гьеб пикру дилъ щулалъана".

Менеральный источник в Инхоквари 2003 год.Менеральный источник в Инхоквари 2003 год.
id:244

Хадусеб соналъ С. - МухIамадовалъул "ЦIумазул улка" абураб тIехь бачIана къватIибе. Гьелъ гьорлъе рачунел руго ракьцояв машгьурав гIалимчи ва гIаданлъи кIудияв инсан МухIамад ХIайбулаевасул къисматалъул нухлул бицунеб поэмаги, кIиабилеб бутIаялда лъун руго батIи-батIиял темабазда хъварал ункъжугьабиги.

Гьанже гIемер дандчIвала чIагоял гIадамазул хIакъалъулъ хъварал, хасго хъулухъалги кIудиял, чунтбиги рицатал гIадамазе рецц-бакъ гьабурал, пуй-чIваялъул цIурал поэмабиги тIахьалги. Сабигатица ХIайбулаев МухIамадил хIакъалъулъ поэма хъвалаго кигIан гьитIинабги ургьун бахъараб фантазия хIалтIизабун гьечIо, гьеб гьедин гурин абизе гIадаб бакI тун гьечIо. ХIакъикъаталдаса кигIан дагьайниги рикIкIад инчIого, жиндир героясул къисмат рагьиялъулъ буго гьеб къасидаталъул тIокIлъи. Гьебго абизе бегьула, Дагьистаналъул халкъияв поэт ГIабасил МахIамадил ва ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, медицинаялъул гIалимчи АхIмад ГIазизовасул хIакъалъулъ хъварал, цогиял тIахьазде унел гьелъул поэмабазул хIакъалъулъги.

"ЦIумазул улкаялъе" хъвараб цеберагIиялда гьадин абулеб буго филологиял гIелмабазул доктор, профессор Сиражудин ХIайбулаевас: "Жиндирго асараздалъунги адабияб чIаголъиялдалъунги лъала магIарулазда Сабигат МухIамадовалъул цIар. Нилъер маданияталда гьорлъе гьей тохлъукьего ккарай гIадан гуро. ТIахьалго гIадин батIи-батIиял руго гьелъул асаразул тайпабиги. Нилъ хIайранго ралагьула шагIиралъ рекьарал рокьул хурзабахъ. Гьезулъ загьирлъула цохIо гьелъул рекIел хIалуцин гуребги, йижараб ракьалде, гIагарлъиялде, гIадамазде, тIолабго халкъалде, хирияб ватIаналде бугеб балайги хIасратти".

Пейзаж в ИнхоквариПейзаж в Инхоквари
id:2260

Араб соналда "ХIакъикъат" газеталда бахъун букIана Сабигат МухIамадовалъул "Хъваршиса шайих Загъалав" абураб поэма. Тарихалда лъалкI хутIарал бахIарзал, гIалимал ва цогидалги цIар рагIарал гIадамал ракIалде щвезариялъул, гьезул хIакъалъулъ бициналъул магIна ккола гьезул мисал наслабазеги цIуни, гьезул лъикIал ишал хадусел гIелазулъги такрарлъиялъе квербакъи гьаби. ВукIанин абун рагIун гуреб, Загъаласул хIакъалъулъ, гьесул гIелмулъаялъул, гIамал-тIабигIаталъул хIакъалъулъ нилъеда лъалеб жо дагь гурони букIинчIо. Чанго нухалъ суал бачIиндал имамлъиядцаса Шамилица инкар гьабиги, ахирги херехьдерил мажгитадда Загъалас аварагасул заманалдасанго рукIарал хIужабиги далилалги рачун, гьев мукIур гьавиги тасдикъ гьавиги, тарихалдасан лъалеб хIакъикъат букIаниги, шигIрияб къагIидаялъ Сабигатица гьеб цIакъ мухIканго, берцинго рагьун буго. Загъалас гIелмулъаялде гали тIамураб куцалъул цIалидал, гIелмулъаялде инкар ккурал гIемераб ншгьер заманалда ургьизеги пикру гьабизеги жо дагьаб гьечIо. Имамлъун вищулелъул Шамилие Загъалас гьабураб вагIзанасихIаталъулъги тIадчилъиядде лъугьунезе, босани, мисал гIезегIан кьучIаб буго. Мисаллъун гьечIищ гьесул гIамал-хасият, гIадлу-тадбир, гIадан хиралъи, лъикIлъи бокьи. Ратизе бегьула гьеб поэмаялда цIалдолел разилъуларел цо-цо бакIалги. Тарихияб кьучIалда хъвараб бугониги, художественнияб асар берцин гьабизе батIи-батIиял кьагIидаби ратизе авторасул ихтияр букIуна. Нилъер заманалда ракIадде щвезавизе мустахIикъав инсан ватун вуго авторалда къасидат хъвазе. Гьелъго батила гьанжесев гIалим Гъамбулат-афандица Сабигатие сайгьат гьабураб назмуялъулъ гьадинал жугьаби ругелги:



Исламалъе квербакъун
къватIиб унеб дур хIухьел,
ХIалхьараб Алжаналде
тIамураб гали ккола.
РакI гIатIидасе бугеб
Бичасул кIудияб рукъ,
Гьесде гIащикълъарай дуй
ирсалъе щвезе буго.

А. С. Пушкинил цIарадда бугеб республикаялъул гIолилазул библиотекаялъул гIагараб ракъ лъазабиялъул отделалъул заведующая, ДРялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан Сабигат МухIамадовалъ жиндир творчествоядда тIад хIалтIияддаго цадахъ гIезегIан пайдаял тадбирал гьарула библиотекаялдаги цогицоги бакIаздаги Дагьистаналъул хъвадарухъабазул асарал халкъалъухъе щвезариялъе, адабият гIадамазде гIагар гьабиялъе. С. МухIамадовалъ библиотекаялда гIуцIун букIана гIолохъанал хъвадарухъабазул клубги.

Пейзаж в ИнхоквариПейзаж в Инхоквари
id:2255

Газеталъе хъвараб макьалаядда Сабигатил творчествоялъул киналго рахъазул бицунги, щибаб асаралъе борцакъотIун къимат кьунги бажариларо. Ратила гшгьулги гIемерал лъикIазда гъорлъ дагьалниги загIипал кучIдулги, щвадде щвечIел бакIалги, цIурачIел мухъалги. Лъил гьел рукIунарел? Амма ракIчIун абизе кIвела Сабигат йигин жиндир хасаб пикруги, хатIги, хаслъиги, цIилъиги, цIарги бугей хъвадарухъан ва гьелъ жакъасеб магIарулазул адабиятадда бихьулеб бакIги кколин, гьединайлъун С. МухIамадова нилъер литератураялда хутIизеги йигин. Сабигат МухIамадовалъул хIакъалъулъ гьабулеб дирго калам лъугIизабизе бокьун буго Дагьистаналъул халкъияв шагIир ГIабасил МахIамадил рагIабаздалъун: "Сабигат МухIамадовалъул киналго тIахьазул редактор хIисабалда дица кIудияб рекIел разилъигун халккола гьелъул творчествоялъул цебетIеядца хадуб. Вохула гьелъул поэзиялъул такрарлъи гьечIеб къагIидаялдасаги магIнаялдасаги. Гьелъул къокъал кучIдул, гьеб къагIида цIуниялъе гIоло хъварал гурел, кIудияб пикру гьитIинаб роценалде жанибе бачине кIвеялъул хIасил ккола. Гьел дагьалго мухъазулъ авторалда лъезе кIолеб буго философияб магIнаги, магIна рагьулел сипат-сураталги, дандекквеялги".


МухIамад ПАТАХIОВ "ХIакъикъат" 26 май 2007г.
© 1999—2013 Сайт культурно-исторического наследия цумадинцев
Техническое и финансовое обеспечение: Магомед ГАДЖИДИБИРОВ и др.         Автор — Магомедгусен ХАЛИЛУЛЛАЕВ
e-mail: director@torgvisor.ru   тел. 8-963-797-40-07 // CMS для этого проекта разработан компанией TorgVisor.Ru
Вариант для печати вернуться в начало сайта
Мнение редакции независимого информационного агентства ЦУМАДА.РУ может не совпадать с мнением авторов статей, которые несут ответственность за достоверность приводимых данных в своих публикациях. Опубликованные материалы могут содержать недостоверные данные. Все материалы данного сайта являются интеллектуальной собственностью их авторов, полная или частичная их перепечатка без разрешения редакции запрещена.