![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ГIагарал мугIруздаМугIрул сухъмахъазда нух къосун ккедал,
Мугъзада нахъасан бахъана гьаракь: Ле, гьудул, гьенисан гьечIо дуе нух, ВачIа дида хадув, вилълъа росулъе. РакI чIун гьес абураб рагIухъ гIинтIамун, ТIад вуссун ана дун чIедераб нухде, ЧIегIераб кIургIараб тIагъур тIад лъурав, Гьодилъа къуларав чаясда хадув. Унел рукIана ниж руцIцIун чIун цере, Бакъуца боркьараб къваридаб нухккун. Росулъе щвезегIан бихьичIо гьумер, Гьев лъикIав, хIикматав магIаруласул. Дуниял бихьарав, гIумру бичарав, ГIунарал беразул чи вугоан гьев. «Баркала, дада, ян, квер бачинилан, Нечадго чIана дун херасда цеве. Амма гьес данде квер бегьун бачIинчIо, БетIер гьанкIун дие гьабуна жаваб. Гьелегьараб бакъухъ бер къапичIого, Валагьун вукIана гьев кIудияв чи. Гьеб мехалъ бичIчIана: дир нухлул гьалмагъ Бецав вукIун вуго. Бихьулищ хIикмат! ХIасратаб ракьалде бугеб рокьиялъ, Квер ккун вачана гьав квешал нухалъан. |
|||||||