![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Эбел тIаса лъугьаМун мугIрузул Ангьида
Дун гьаб гIатIиракьалда Щиб хIал бугеб дур эбел? Дур пикрабалъ вуго дун. Дуе адаб гьабизе, Дуе хIурмат гьабизе, Эбел, тIаса лъугьа мун, Дуда аскIов гьечIо дун. Эбелин гаргадизе, Ургъел, рохел бикьизе. Дир хирияй, хIалимай, Дуде урхъун вуго дун. Эбел дий дугIа гьабе Дица дуйги гьабила, Аллагьасда гьарила Дуе халатаб гIумру. Херлъуге дир хирияй, Унтуге дир хIалимай, Дун гIемер кватIичIого Щвела духъе хIасратай. Дур хIеренал кверазда, Накаби чIван къочила. Рохалил магIил гарал Бераздаса рацIила. ТIаса лъугьа эбелин Урхъараб къвал жемила. |
|||||||