 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадМагIарда цIадал рани
МагIарда цIадал рани
ГIорал, лъарал хисула,
Хисун батана дие
ТIолабго гьаб дуниял.
Сон вахараб магIарда
Жакъа вахине кIвечIо,
Щибго дида лъачIого
Санал унел ратана.
Сон букIинчIеб хъахIаб рас
Жакъа баккун батана,
Щибго дида лъачIого
Дунги херлъун ватана.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|