![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ЭбелИчIго моцIалъ чохьонир эбелалъ нилъ раччана,
КIиго соналъ кодор ккун эбелалъ реэдана. Кидаго лъимадул рахъ нилъер эбелалъ куна, ТIолабго гIумроялъ гьей нилъгун цадахъ йикIана. Нагагь нилъ пашманлъани, эбел нилъгун пашманай Рохел нилъей бачIани, эбел нилъгун йохарай. Къварилъани ахIула, эбел, эбелалъул цIар, Рохел кани рехсола эбел нижеца дур цIар. Огь, эбел дур гьуинлъи, хIайранлъи дур, недегьлъи Мун цееса инчIого, дур къимат лъалеб гьечIеб. РекIелъа тIегь бортана, эбел къанщун хадуса, Къимат дагьлъулеб буго, умумул хун хадуса. |
|||||||