![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ГIагараб росулъГьале дун ячIана гIагараб росулъ,
ГIаданлъи цIикIараб ТIадгьакварие. Сверун мугIруз ккураб, чвахулел лъараз, Дун жаний гIураб бокьулеб росулъ. ГIемер хисун буго гIагараб росу, ГIагараб дир тIалъи бокьулеб дир рахъ. Амма хисун гьечIо гьаниб бугеб халкъ, ГIаданлъи, намус, яхI, гIадамал рокьи. Огь, дие бокьулеб умумузул ракь, Дун жаний гьаюрай, тарбия щвараб. Щолин дир рекIеде, доб араб гIумро, Нахъ свериго гIечIеб, дир лъабкъого сон. Дир росдал халкъалъе баркала кьола, Умумузул ияхI рекIелъ цIунидал. Дица Аллагьасда гьарулеб буго, Даимаб рохелги сахаб гIумруги. Дир цо гьари буго, дий бокьулеб халкъ, Нилъей бокьулареб чидай гьабуге. Чорокаб ракI тоге, ракълида рукIа, КIочоне бичаге, рекIеда цIуне, Ахир нилъ руссунеб рукъ цо бугеблъи. |
|||||||