![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Хирургазул консилиумЦо гьитIинаб суртида
(из больничной палаты)
СагIу ккараб жо буго. Гъуърузда тIад накIкI гIадин ТIепун чIараб нур буго. Цояз гьадин абула Цояз гъодин абуна Бицахъе данд кколареб Кутакаб бахIса буго. Терапевт гIунун вуго, Уролог вахъун вуго, Нарколога сквер борхун Гьабулеб доклад буго. Гьабизе жо тIагIарав Ризван тIаде вахъана, Консилиум бакIари Гьасда берцин бихьана. Векерана, хъетIана Хъирмил гула-нарколог, Дора гьаниса хъиршун РакIарана хирургал. Гъура-чункун вачIарав Валивулагь вугилан Руго суалал лъолел Лъалелги лъаларелги. Гипс лъезе коин цояв, Ц!улал, хъарщалан цояв Гьебги добги жибго тун Ток бичаян дов цояв. Наркоз гьасие кьезе ТIадаб бугилан цояв ТIубараб ахIи-хIуралъ Борхун буго больница КIудияс квер борхана Борхун гьаракь гьабуна: «Нужер битIараб буго Цо дидаги гIинтIаме». Суал бигьаяб гьечIо- Гьеб нилъеда бичIчIула Гьесие жаваб кьолев ЦIохIо гIабдал вукIина. Нагагь балагь хвел ккани ЧIегIераб тIанкI нилъее. РачIа гьав чи нижеца Анжиялде регIизе. Киналго разилъана Кверал рорхун, гIедегIун. ЦохIо Ризван пашманго Анищалъ восун вуго. Консилиум биххана ХIукму тастикъ гьабуна. Гьелда тIад гъулбасичIев КIиго чини хутIана. Пациентги, Ризванги, Ризванги, пациентги. Цоцахъ ралагьун руго К!алъай жибго тун буго. Ризван тIаде вахъана, Толилан абун тана. «ХIукму дица къотIила Дица жавабги кьела». «АнцIго къоялъ чIечIого КIияцаго кIвар кьела. Аллагьас квер бакъани Мурадалда нилъ щвела |
|||||||