![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Дир гIагараб росуЦIумаз бусен лъолеб борхалъиялда,
Буго дир гIагараб ЦIумада район. Гьелъ каранде къараб лъимерин ккола Дий кини кIикIараб гIагараб Гьигьалъ. Дун жаний цIалараб, дун жаний гIураб Бокьула дие мун, гIагараб росу. Гьелда сверун ругел рорхатал мугIрул. Гьезухъ ялагьидал паналъула ракI. Дур магъилъ тIегьалел кьер-кьерал тIугьдуз, ТIабигIат батIаго берцин гьабула, Рогьалил хIанчIазул хIайранал бакъназ, ХIикмалъизарула дир росуцоял. Дир гIагараб росу, борхатаб Гьигьалъ, Гьалбадерий ракIал рагьараб тIалъи. Къадруял гIадамал жанир рахъараб, Бокьула дие мун, гIагараб росу. |
|||||||