![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Нилъее замана цебего щвечIищ?Сверана лъагIелал, ана замана,
Нахъ буссинаро гьеб щиб лъугьаниги. Гьайбатаб Дагъистан, дуе ккараб щиб, Щай гьаб дур ракьалда гIадамал чIвалел? Машинаби гъурун, минаби кьвагьун, Чан гъаримасулдай рухI босун араб? ХIалтIулъ бергьенлъи щун цевехун арав, Чан инсанасулдай би гIодоб тIураб? Гьайбатаб Дагъистан, мугIрузул улка, Щай гьаб дур ракьалда зоб кьерхун бугеб? Рикьалаби гьарун гьал гIадамалги, КидаллъагIан дуца хIехьезе ругел? Расги мунагь гьечIел ракълил гIадамал, Щай къанабакь лъолел бидулал квераз? Рикъун чIвалел руго гIисинал лъимал, Кида гьаб вахIшилъи лъугIизе бугеб? Дуниял сверула, заман хисула, Заман хисунилан нилъ щай хисулел? Нилъее замана цебего щвечIищ, ДагIба-рагIиги тун цолъун рукIине?! |
|||||||