![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ЛъикI щварай, сабигатЛъикI щварай, Сабигат, мун магIарухъе МугIрузда тIегьарал гъутIби рихьизе. Рахинарищ цадахъ инсул колоде Умумузул чIвадал чIаго гьаризе? ГанчIазда рикIкIарал цIаралги ахIун КIудабазе цо–цо дугIа цIализе. Хасалда гочараб гIагарлъиялъул ГIажаибаб къисмат дуда рагIизе. Гьайбатал махIаца асарги гьабун РекIеда жугьаби цIиял херхине. Арал гIасрабазул тарихги рагьун Ругьунаб къалмица къисаби хъвазе. МугIрузда кьалбал ругей, ГIатIилъуда йижарай ГIагарал кьурабазухъ Урхъуларищ, Сабигат? Кьурда рижарал тIугьдул Чвахалабаз лъалъалеб МагIарул росулъ рии Базе гIашикълъуларищ? ГанчIазда какал ралеб ЦIумазул улкаялде Цо–цо яккизе, щвезе РакI цIаларищ, Сабигат? Хирияй эбелалде Рокьи рекIелъ бессарай Ракьцоязул къисматал Къалмие хIажат лъарай. |
|||||||