![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Вацасде
Щай мун ракьулъе арав,
Дир ракI къварид гьабураб, Къаназул тIад къед бараб, Ракьул гвандинив арав? Мун лъикIавги вукIана, ЛъикIав вацлъун вукIана, КъваригIараб сагIаталъ РухI кьун налъи тIубана. Нижеда гьоркьоса мун Хехго щай ватIалъарав, Дуда ниж щай кIочарал, Хирияв ГIабдулбасир? Армиялде регIарал Васал нахъе руссуна, Гьелгун вуссинародай Балагьун рукIуна ниж. |
|||||||