![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Дир МахIачхъалаРалъдал рагIалда мун тIегьлъун бижараб
Бокьула бихьизе, дир МахIачхъала. Дур чIахIиял гьундуз, гIатIидал къватIаз РухIдаллъизавула, дир МахIачхъала. Дур ахакь хIанчIазул хIасратал бакъназ ХIайран гьавула дун, дир МахIачхъала. Каспиялъ нур бараб, Таргъу къулараб Къулула дуй бетIер, дир МахIачхъала. Гьоболлъи гьуинаб, гьудуллъи гучаб Чучула дуде ракI, дир МахIачхъала. МахIачил цIар кьураб, цIилъун бачIараб ЧIухIула дудаса, дир МахIачхъала. МугIрузул улкадул гучаб тахшагьар Биччанте тIегьазе дир МахIачхъала. Бокьараб гIужалда сипат берцинаб Салам ракI-ракIалъул, дир МахIачхъала. |
|||||||