![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ТIиналда суратЩобдаса бакъ гIадин щинкIун ана къо,
Гьекъолдухъан гьанже кив гIедегIарав? Тукадул кавуда жен-жендулаго, Жанив тIерхьун ана гьури кинигин. Гьас кверал лъулъана, керен битIана, Босун хъахIаб шиша лъорониб лъуна. Хадуб чара хварас дандежоялъе, Жемана цо ччугIа соролел квераз. Гьас ччугIа сунтIана, шиша хахана, ХутIичIо тIиналда цониги къатIра. Цинги щекъерги ккун цIорол сурахIи, ЦIолбол гъабуялда речIчIун гъурана. БагIарлъун мегIер щиб, магIил берал щиб, Бубудун квер квашун щвана рокъове. Щущан пикрабигун, къулун бетIергун, Гъасда кIусун йиго гъаримай лъади. Берал чIегIериде гьабураб балай, Биун унеб буго ихдал цIер гIадин. ГIисин лъималазда гIагарав эмен, ГIицIго макьилъ гурев вихьулев гьечIо. Гьав бегIерлъун вуго, бизарлъун вуго, Базаралда лъолеб буго балъголъи. Балъго бецIаб сардилъ цIорояб мацIалъ, ЦIа гъуна бацIцIадаб берцинлъиялда. ТIерхьун ана лъади, тIурана лъимал, ТIагIана мехтарав, тIокIав вихьичIо, Амма сурахIидул тIиналде бортун, ТIепун сурат буго сипат лъалареб. |
|||||||