![]() |
![]() |
![]() |
|||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() | |||||||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||||||
БахIарчиясулин хвелги шагьидабКъурамухIамадил ХIажимухIамадиде
Нахъасанги речIчIун хиянатчагIаз,
МугIрул гъалбацIалде гъара гьабуна, Инсуй цо вукIарав ХIажимухIамад, Кинаб такъсир букIун дуде кьвагьараб? Дуца халкъ цIунана цIукIабаздаса, Ахир цIукIабаца къор дуе гъуна. МагIу тIезе гьечIей эбел Маржанат, Къварид ругин тIиндал, къаникьа яхъа. Херлъун гIодов ккарав васасул эмен, Унго гьаб рухIалил дуе захIмалъи, Аллагьасул хIукму гьедин батидал, Сабру кьеги дуе, КъурамухIамад. БахIарчиясулин хвелги шагьидаб, Дуде ишан ккуна Ленинкент нухда, Бичасул нухдасан кьуричIев дуе, Алжан насиблъаги, ХIажимухIамад. НахъегIанал гьаби – чIвадарухъаби, ЧIвазе щведал щукру БетIергьанасе, Аллагь разилъаги ГьитIиновасда, Хъачагъазул курмал гуллид рорлъарав. Мун чIвазе ритIарал чIвадарухъаби - Дурго гIадаб кьисмат дозийги ккана. Дуда квер борхарав кIиго бидулав, Бидул хIорихъ жалго чвердезе ккана. |
|||||||||||
|