![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Дир басрияб росуЧармил кьуруялда кьучI жиндир бараб,
Багвалазул хъала – ХъуштIада росу. ГIалимал гIемерал, гIадлу цIунараб ГIадамаз мисаллъун рехсолеб шагьар, Жакъа пашманлъуда чIобого буго Наял тIурун арал тIулби гIадинан, ТIалаб-агъазалъе чагIи гьечIого. ГIакъилал хараби хабалъ рещтIана, ХутIаралги гьанже гочунел руго. ЧчугIбуца гъварилъи цIехолеб гIадин, Гъурущазда хадур тирулел руго. Лебалаб гIагарлъи рикIкIалъун буго, РакIазул хинлъиги цIоролеб буго, ЦIиял гIадаталги гIемерлъун руго. Имам Шамил щвараб, гьес къимат кьураб, ГьитIинаб ЦIорилан цIар жинда лъураб, Баркат-рахIматалъул хъуштIадерил ракь, Пихъил-цIолбол ахал, ракьул гектарал, Бесдаллъуда руго гъаримаб хIалалъ. Берцинаб накIкIирохь, тIогьол байдаби, ЦIорорал иццазул чваххулел лъарал ЛъикI рукIаян тана, квералги хьвагIун Пайда-хайир гьечIин гьанже гьенибан. ХъуштIал рекъон гьечIо апараглъуда, Мун цIумадисезул цIумазул ватIан, ХъахIал тIаргъал лъурал рорхатал мугIрул, Нужер хиси гьечIо, хилиплъи гьечIо, Нужедехун рокьи хвел гьечIеб буго. Иншааллагь, щвела инсул росулъе, Алжаналде хьулгун, Аллагьги вокьун, Къилбаялде вуссун какда вукIине. |
|||||||