![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ЦIумада район
Ассалам гIалайкум, ЦIумада район,
ЦIумал жаниб гIураб гIагараб ВатIан, ЯхI -намус цIикIкIарал умумузул ракь, Кьурул парсазда тIад рарал росаби. Ассалам гIалайкум, ЦIумада район, РагIуй къуркьи гьечIел цIумазул васал, Умумуз рухIги кьун цIунарал мугIрул, ЦIар кибго машгьураб шайихазул ракь. Ассалам гI алайкум, гIагараб район, ТIабигIат берцинаб гьава бацIцIадаб, ЦIорорал даруял иццал цIикIкIараб Рорхатал мугIруца чIаголъи кьураб. Ассалам гIалайкум, гIагараб тIалъи, ТIатIала кверал лъун чи вихьулареб, ГIаздалал тIогьаца гвангъизабураб, ГIурччинал ахаца тIегьазабураб. Ассалам гIалайкум, ЦIумада район, ЦIар ритIухъ гьабулел васалгун ясал, ЦIвабзазде гIагарал рорхатал мугIрул, Бисал расандулел шобалгун тIогьал. Ассалам гI алайкум, ЦIумада район, ЦIумазе гьогьомлъи кьолеб ГIанди гIор, Кидаго гIаздада рорхатал мугIрул ГIаданлъи цIикIкIараб ЦIумазул ВатIан. |
|||||||