![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Нуж нижер ракIазулъ–даимаб ругъун
Бесланалда хварал гIисинал лъимал
Нуж хвараб къо даим хутIила рекIелъ, Бесланалда хварал умумул улбул Нуж кьаникь араб къо цIунила гIелаз. Гьурмада хъал гьечIез, тIад маска гъураз Нуж гьоркьлъалий рачун ругин рагIидал, ТIолгодунялалъул тIолгохалкъазда Сири бана чорхолъ, сородана ракI. Халкъазда гьоркьосеб такъсир къокъаялъ Нужой зулму–захIмат кьолеб рагIиндал, ЧIечIо бадиб магIу тIолго халкъазул Ццидахана миллат, ццидахана халкъ. Гьекъезе лъим гуреб, квине квен гуреб ГIодор кIусун рарал пашманал сардал. Нужей кумекалъе рес рекъечIого Берзул магIу къулчIун рагьда руго ниж. ГIаданлъи, яхI–намус чорхолъ тIагIарал Гъачагъазул ракIал, унго кинал гьел. ГIолохъанаб гIумру, гIанчIаб лъимерлъи ГIужие босизе кин бажарараб? Щибго гIайиб гьечIел гIисинал лъимал 3улмуялде кканин, огь гьаб вахIшилъи, Расанди бокьулел, огь гьал гьитIичал Дагьал рагъаранин мугъзаде гулла. Бесланалда хварал, гIисинал лъимал, Нуж нижеда тIаса лъугьа, гьарула! Нилъ загIипал рукIин гьанже бихьанин, ЗагIипал толареб гьанже бичIчIанин. Нуж нижер ракIазулъ–даимаб ругъун Нуж нижер ракIазулъ–хъахIал къункъраби, Роржа нуж тIел гьабун тIадгьаваялда ТIавап гьабун чуче гьабураб зулму. |
|||||||