![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Германиялдасан росуцоязде аманатгун битIараб кагъатРекIел би бухIараб хIухьелги угьун,
ХIакъаб каламалъул казият хъвазин. Каранзул къварилъи, къараб дир талихI, Къиризин кагътиде дагьал алфазал. Дий кьолеб къварилъи къойил тушбабаз, Къоязул халалъи Германиялда. Лъалеб хабар гуро, щоларо кагъат, Щула гьавун вуго часавойабаз. Чармил сангар буго сверухъ заз ккураб, ВорчIизе хIал кIолеб хIисабго гьечIо. Самаалъул хIанчIи хIулун хвелаан, ХIал зулму бихьани нижеда бугеб. БагIар бакъул бухIи, лъималъул махIци, МахIцараб картошка кваназе кьолеб. Кьолеб гьечIеб рахIат цохIо минуталъ, РахIму гьечIеб агьлу жандармабаца. Жаниб рекIел бухIи хIалимав Аллагь, ХIал дир кIолеб гьечIо къватIив ворчIизе. Къоязул захIмалъи зулмуялда гъоркь, Зобазулги гъугъай ракьул сороди. Сардилъ пилотаца – англичанаца, Гьужум гьабулареб сордо–къо гьечIо. Дунялго гвангъула прожектораца, Пилотал роржуна хъахIил зодихъе. Зенитный гIарада гIодосан кьвагьдон Зобалазда гьава гьалдолеб буго. Гьайбатал летчиказ гьаваялдасан, ЦIадул бомбабазул залпал риччала. Заводалги рухIун, фабрикал риххун Паналъулин ккола куллугIаламго. Кьураб приказ тIубан пилотал гьанже Гьава къотун уна Лондоналдехун. Хабар гIемер буго бакътIерхьудехун, ТIубалаго гьечIо ракIалъул мурад. Рагъул кутак буго Европаялда, Шагьарал рухIулеб, зобал гъугъалеб. Гъарин ниж асирлъун гьанире карал, Вакъидал квен гуреб, къечон лъим гьечIеб. Чорхой рахIат гьечIеб гьаб гIазабалда, ГIураб жони гьечIиш гIолохъабазе. Къойилго кIал гьикъи гьал фашистазул, Снайперазул тIокIав красный командир, ЦIар арав рагъухъан ГIумаров Г1али, ЯхI гьечIел хъурмузул квершаликь ккедал. Хабаралъ щибилеб щвараб багIар бакъ, Щвезабе дир ругьел гьудулзабазде, Диналъул вацазде, жамагIаталде, ГIолил ясалазде, гIел бащадазде. Аманат щвезабе щивав чиясда, ВатIан хирияб жо хиянатлъуге. Хиянатав Гитлер лъугIине гьаве, Кавказ кодоб кьоге, Шамилил васал. Шущахъ риххизаре, немцазул боял, Бидул тушманасде мугъзада мал, бай. Тезабе нилъер ракь бахIригьвеялда, Гьодилъ гIаштIи бае, гIадал нах бахъе. Бидулав Гитлерил гважун кугIбузда, ВатIаналъе гIоло эркенлъи бокьун, РухI бичун рагьизе хIадурго рукIа, Баго–чIамалазул лебалал васал. |
|||||||