![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Дирги араб гIумру, араб лъачIого
Бихьизе кьураб гьаб бакъул дуниял,
Тезе заман бугин тIаде гIунтIулеб. ТIадегIанав Бичас дий кьураб гIумру, Ахиралде щолеб пашманаб херлъи. Ине вукIин лъалев ракьул чохьонив, Тезе букIин лъалеб тIолабго гьаниб, Гьаб гIужде щвезегIан гIумру дий кьурав, ГIаламалъул Халикъ, рецц дуе буго. Аваданго араб эркенаб гIумру, Дуца дие кьураб, Хирияв Аллагь, Ирга щведал тезе кколеб бугелъул, Бокьила босизе рухI иманалда. Мунагьал гьарзаяб гьаб дир черхалъул, Чара хун бугеб куц хвел гIагарлъидал. Чвахун балеб цIадлъун бацIцIуна магIу, ТIаде щолеб амру ракIалде щведал. Пакъир дир къаркъала къаникь унелъул, Щиб босундай инеб Бичасда цебе? Мункаргин– Накирас суалал кьедал, КIвеладай гьезие жавабал кьезе? Баккун–тIерхьун унеб бакъул нур гIадин, Унеб гIумруялъул гьабичIеб хивал. Хвелалъул пикруги рикIкIаде гьабун, Гьаб дунял квегъарав гъаримав дица. Гьанивго вукIине вачIарас гIадин, ГIадада риччарал дий кьурал къоял. КъватIиве вахъине вукIин лъаниги, ГьабичIеб хIадурлъи сапаралъ ине. ГьадигIанго къокъаб гьаб дунялалда, ГIемерал гъалатIал ккарал дидаса. Дун пашманлъун вугин, рекIекълъун вугин, Хвалил гIазаб бигьа гьабе, БетIергьан. Гьаб гIумрудул ахир, херлъи, пашманлъи, Хвалил гуреб пикру ракIалда гьечIеб, Ахириял къоял къваридал сардал, Маликул матасе рагьараб нуцIа. БачIинесеб къадар рекIелъги цIунун, Щайдай дица гIумру бацIцIадго течIеб. ЦIадул жужахIалъул пикруги гьабун, Расулас малъухъе киндай хьвадичIев? ГIумру букIун буго щивав чиясе Бокьараб гьабизе ихтияр кьураб! Дунял букIун буго нилъ гъаримазул, ХIалбихьи гьабизе рагьараб пардав. Ракьулъ бухъараб хоб даимаблъидал, Гьенив чIового ин такъсир гуребдай? Ахир дун вуссунеб бакIги хоблъидал, Хабал гIазабакьа щайдай хIинкъичIев? Щобаздаса баккун бачIунеб бакъги, Бихьилин кколаро гIемералъ дида. Сардал гвангъизелъун баккулеб моцIги, ЦIвабигун свердилеб букIина зодиб. Амма дун дунял тун даималъего, Дун вижарасухъе ина гьоболлъухъ. Гьудул–гьалмагъзаби, рукъалъул агьло, Къо–лъикIилан тела тIолгояз гIадин. Гьаб гвангъараб дунял дица квегъана. Дунялалъул халкъал гIемерал лъана. Дида лъан хиянат лъийго гьабичIин, Гьардарав БетIергьан, тIаса лъугьа мун. Дуца кьураб гIумру гIадада биччай, ЗахIмалъунги буго, пашманлъун вуго, Ахир тавбу гьабун вуссунги вуго, Гьардарав бетIергьан тIаса лъугьа мун. Дуца Ислам босун нижехъ витIарав, Аварагасдеги гьечIин дир щаклъи Щуябго какгин –кIал тIадаблъи льалин, Гьардарав БетIергьан тIаса лъугьа мун. Я Хирияв Халикь, хабалъ лъолелъул, Дир мунагьал цадахъ жанир риччаге. Бечед мунги гурхIун тIад ракь балелъул, Дир гьабураб тавбу ракьгун жубан те. Лъабкьоялда анцIго сонилаб гIумру, Арабго лъачIого регIанин нухда. Ахир хутIараб мех Дуде вуссине, Сабруги, тавфикъги кьун те, дир Аллагь. |
|||||||