![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
|
Ва амма Агъвалисан
ЦIумаде унеб мехалъ Цо гIалхуда батараб Баниялда гурхIана. БухIараб хIохьел биччан ХIалияб мацIалдалъун, БацIунаго магIугун, Гьал рагIаби абуна: Агъвали баняГьанже диде гIадал
къоял рачIани, КъвакIарал магIаруца магIу кквеларо. Къвал дида бан ругел балагьаздасан Цо бутIа рештIани, щущала зобал. Берда бихьулелъуб росуги гьечIин, Сабаб щибдай ккараб дун гьаниб базе? Гьаракь рагIулелъуб лъел махIги гьечIин,— Лъица план кьундай кьучIал рухъарал? Агъвалиб рештIараб хIукуматалъдай ХIамамилан абун дида цIар тараб? ЦIумада гIуцIараб стройкадай, АскIоб гIорги тун, дихъ балагьараб? Бакъул хIал батараб хIама-бечеялъ ХIурмат гьабула дир, жанирги рачIун. ХIутI-хъумур тIаделъун тIавапги гьабун, ТIад руссун унелъул салам кьола дий. Дун гIехьелдерица гьобо гIадинан, Гьекъезе лъим гьечIеб щобда бан буго. Жаниса махIцараб дабгъил рукъ гIадин, Дуниял рагIалде ккезабун буго. Ургъелал рикьизе чи ватуларо, Дицаго къотIула къосараб макьу. Къварилъи бицине гIадан щоларо, ГIалхул чундуздехун чучула керен. Черхалде гъаргъар щун, гъаларал накIкIаз Гъугъан цIа пирхула дир хиялаца. Гъаримго хутIараб дун ракIалде щун, Шапун магIил цIола мугIрузул берал. Магжилав вачIани, тIаде щваравго, ШапагIат гьарула пакъир дидасан. Щайих жанив лъураб хоб батилилан, Хъатир гьабула дир тохаб агьлуялъ. Аза-азар гъурщил харжалги гьарун, Халват бокьаразе бараб зиярат! Халкъалъул гIетIуца буцун гачги чIван, Гуч лъазе гьавайин гьабураб хъала! |
|||||||