![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
АхIул гохIде рахилаРахъа гIолил ясал нуж АхIул гохIде
Салаватги битIун зияраталде. Рагъда шагьидлъарал шайихзабахъе ГохIда къадар щварал харабазухъе. Рахъа нуж гIолилал жакъа сапаралъ Доб АхIулаб гохIде хабал цIехезе. Хвалчаби кодоса камизе течIел РухI кьун шаргI цIунарал гьал гIолилазухъ. Жакъа къватIир рахъун рилъа магIарде ШапагIат бокьарал нигат рекIелъгун. АхIул гохIде рахун нилъ хьвадулаго Щивасда рагIизе хваразул ахIи. Нуж гьаругьин хьваде, гIинтIаме сверухъ Зигара рагIулищ хваразул жеги. ГохIда хьвадулаго гIенекке васал ГIассияб рагъул хъуй бугин рагIулеб. Доба АхIул гохIда бачунеб зикру, БитIулеб шагьадат гIалимзабаца. АхIулеб доб гьаракь гьаб борхалъуда ХIурулгIинзабаца кумекги гьабун. Хундерил тIалъиги, гьелъул къиматги Хвалчаца бахъараб хъаладул ватIан. Зулмуялде данде хвалчен борхараб Шамилил шапагIат щвайги нужее. АхIул гохIде рилъа диналъул яцал, ДугIадул аманат ракIаз тIубазе. Зикруялда хварал харабазухъе Щобде къадар щварал шайихзабахъе. Жакъа АхIул гохIде дун яханиги Къуват гIолеб гьечIо къалмида лъезе. Бадиб магIу чвахун бералги рацIцIун ШигIрабазде хъвазе хIал гIолеб гьечIо. |
|||||||