 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадДир ватIан ТIинди росу
ЧIухIараб цIар бугеб дир ТIинди росу
АхIула дур гьеб цIар рекIелъ бухIигун.
Кавказалъул мугIрул тIаде къуларал
Риидалги гIазулъ рацIцIун рукIунел.
Зодил цIваби гIадал тIиндадерил халкъ
Намусги иманги зодисан щварал.
Гьанир намус бичун чи хьвадуларо,
Гьудуллъи рехун тун чин босуларо.
Аллагьасде руссун тIиндадерица
Диналъул камиллъи бацIцIад цIунана.
ГIалимзаби нижер гIелму цIикIкIарал,
Шайихзаби даим рекIелъ цIунарал.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|