 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадДун цIалей йиго мугIрузде
Дун гьитIинго йикIун рарал минаби
Кьер хисун бихьула улбуца тедал.
ГIемер сонал ана бихьичIелдаса
ТIубан хисун буго дир росдал сипат.
Улбуца тараб рукъ, риххарал къадал,
Къоялъ сверарабгIан лъала гIунгутIи.
Дун тIад юссаниги сверун аниги
Хисулареб сипат дир росдал бугеб.
Квер дир гIунтIулареб рукъалъул къадал
КъваригIун бугоан бихьиназул квер.
Биххун араб къадал гамачI борхизе
Къуват гIолеб гьечIо загIипаб чорхол.
ЧIаго дада вугеб букIараб заман
БукIараб берцинлъи гьаб минаялъул.
Гьанже къадал руго чIунтун риххулел
Дадаги бабаги жаниса араб.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|